Пакистаналда нахъе бахъун буго террористал чIвазе мораторий

Пакистаналъул премьер-министр Наваз Шарифица гъулбасун буго терроризмалда гIахьаллъи букIун жанир тIамурал гIадамазда хурхун гьел чIвазе рес кьолеб мораторий нахъе бахъулеб къануналда гъоркь.

Пешаваралда парламенталъул киналго фракциязул вакилзабазда цеве кIалъалаго гьес абуна Пакистан терроризмгун къеркьезе бугин талат къоялда школалда чIварал киналго лъималазул сипатги ракIалда ккунин.

Талат къоялда Пешваралда яргъидгIуцIараз школаялде гьужум гьабиялъул хIасилалда чIван руго 132 лъимерги ичIго мугIалимги. Гьеб гьужумалъул жавабчилъи тIалибаз тIаде босун букIана. Гьез гьеб рикIкIунеб буго хIукуматалъ Шималияб Вазиристаналда гьабураб рагъулаб операциялъухъ къисас босилъун.

Пакистаналда арбагI къоялъ байбихьана чIегIер баялъул лъабго къо.