Щай тIагIунареб экстремизм Дагъистаналда? (2-б бутIа)

Your browser doesn’t support HTML5

Кинал ругел кьалбал экстремизмалъул, терроризмалъул? Щай Россиялда хасго Дагъистаналда загьирлъулеб бугеб гьел балагьазул асар? Щиб гьабизе кколеб гьелдаса бергьине ккани? Гьел ва цогидал суалал кьуна нижер мухбир Зульфия ХIажиевалъ Москваялда гIумру гьабулев Халкъияб магIишаталъулги пачалихъияб хъулухъалъулги рахъалъ РФялъул академиялъул профессор, политологиялъул гIелмабазул доктор Камиль Ландае. ЦIумада мухъалъул Гьимерсо росулъ кьалбал ругев гIалимчи зама-заманалдаса щола ватIаналде ва гьев гIахьаллъула батIи-батIиял гIелмиял тадбиразда. Ландалгун гара-чIвариялъул тIоцебесеб бутIа буго гьаниб: http://www.radioerkenli.com/media/video/26741443.html