Гьиндустаналъул дипломатаз лъалароанин гьениве Аксенов вачIин вугин

Пачалихъияб департаменталъул официалияй вакил Дженифер Псакица абуна жиндир рахIат хвезабун бугин Гьиндустаналде бачIараб Россиялъул официалияб делегациялда гъорлъ президент Владимир Путингун цадахъ аннексия гьабураб Крымалъул бетIерлъун лъазавурав Сергей Аксенов вукIиналъ.

Гьелъул рагIабазда рекъон Гьиндустаналъул къватIисел ишазул министерлъиялъ лъазабуна, жинда щибниги лъаларин гьеб хIужаялъул хIакъалъулъ.

Украиналъул къватIисеб политикаялъул идараялъ жиндир иргаялда лъазабуна, Аксеновасул цIар официалияб сияхIалда букIун буго. Ва Делиялда гьев официалияб сапаргун вачIун вугин.

Гьениб гьес гъулбас лъуна «Гьиндустаналъулгун Крымалъул партнерлъи» абулеб гIуцIиялъулгун рекъон хIалтIи гьабиялъул меморандумалда гъоркь. Рехсараб гIуцIиялда гIахьаллъи гьабулеб буго Гьиндустаналъул бизнесалъул гор-свериялъул вакилзабаз.