ГIаммаб жавабчилъи- чачаналъ яргъидгIуцIаралгун къеркьеялъул къагIида (чIагояб эфир)

Your browser doesn’t support HTML5

Кадыровцал инсанасул ихтиярал цIунулезде тIадекIанцIана

Грозныялде изну гьечIого яргъидгIуцIараз 4 декабралда гьабураб тIадекIанцIиялдаса хадуб Чачанлъиялъул бетIер Къадыров Рамзаница лъазабуна: «заман щун буго улбуз лъималазул ишазул жаваб кьоларин абулеб чIезе тезе»,-ян.

Къадировас абула «Чачанлъиялда яргъидгIуцIараз нагагь полицияв яги цоги чи чIвани гьев яргъидгIуцIарасул хъизан хъамизе буго республикаялдаса нахъе тIадруссине изнуги кьечIого, гьезул рукъги кьочIодасан биххизе ккола»,-ян.

Гьел рагIабазул Чачанлъиялъе ва Россиялъе кинаб асар букIине бугебали бицунеб букIана жакъа Москваялда тIобитIараб пресс-конференциялда гьелъул гIахьалчагIаз:

- Светлана Ганнушкина, «Гражданское содействие» комитеталъул бетIер
- Игорь Каляпин, «Зулмуялде данде Комитеталъул» бетIер
- Елена Милашина, «Новая газетаялъул» хасай мухбир
- Александр Черкасов, инсанасул ихтияр цIуниялда сверун центр «Мемориалалъул» бетIер
- Татьяна Локшина, «Human Rights Watchалъул» Россиялда бугеб бутIаялъул директор.

Гьеб пресс-конференция гьабизе теларин лъугьун рукIана Къадиров Рамзанил рахъ кколел. Гьез хIалбихьулеб букIана докладалгун кIалъалезда ханал речIчIизе ва гьезде къваригIел гьечIел жал абизе. (видеоялда: 23 мин. 50 сек.)