Р.ГIабдулатIипов: «Жакъа флешкабаздалъун гIадамал хIинкъизарун бажаруларо»

9 декабралъул къаси МахIачхъалаялда къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз чIван вуго «МахIачхъалаялъулабин» абулеб изну гьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялъул бетIер. Россиялъул терроризмалде дандечIараб идараялъул баяназда рекъон гьев батIи-батIиял вахIшиял такъсирал гьариялъухъ кIиго соналъ федералияб цIех-рехалда вукIун вуго.

Талат къоялъул къаси 11 тIубараб гIадаб мехалда, МахIачхъалаялъул ГIахъушиясул къотIноб, полициялъул хIалтIухъабаз документазул халгьабизе чIезабун буго "Лексус" автомобиль. НизамцIунулез документал рихьизарейин абураб мехалда гьезде кIиго-лъабго нухалъ кьвагьдезеги кьвагьдон гьениса тIуризе хIал бихьун буго автомобиль бачунев вукIарас.

Гьеб бакIалдаго дандеги кьвагьдон къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз чIван вуго гьев чи.

Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъул баяназда рекъон чIварав кколев вуго 25 сон барав МахIачхъалаялдаса Руслан Дарсамов. Гьев вукIун вуго «МахIачхъалаялъулилан» абулеб. Дагъистаналда бищунго къуватазул цояблъун рикIкIунеб, изну гьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялъул бетIер.

«ГIусман» илан абураб тIокIцIарги букIун буго гьесул. Россиялъул терроризмалде дандечIараб миллияб идараялъул баяназда рекъон Дарсамов кIигогIан соналъ федералияб цIех-рехалда вукIун вуго. Къуваталъул идарабазул щаклъи буго гьес Дагъистаналда батIи-батIиял кьвагьиял гьариялъулъ, къуваталъул идарабазул хIалтIухъаби чIваялъулъ, бизнесменал талавур гьариялъулъ гIахьаллъи гьабулеб букIанин абун.

Гьев бачунеб букIараб автомобилалда жанибги низамцIунулезда чанго гранатаги, таманчагун гулбиги ратун руго. Гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун республикаялъул цIех-рехалъул идараялъ Россиялъул къануналъул чанго бутIаялда рекъон такъсиргьабиялъул ишги рагьун буго.

ЧIварав Дарсамов Руслан кколев вукIун вуго Сергохъала росулъа, гьеб мухъалда ругел изнугьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялъулъги жигараб гIахьаллъи гьабулеб букIанин гьесилан абураб щаклъи буго къуваталъул идарабазул.

Гьелго идарабазул баяназда рекъон Руслан вукIун вуго кутакалда сихIирав, гIадамал жиндаго хадур рилълъинаризе бажарулев, кIалъазе цIакъ гьунар бугев чи.

Гьединлъидал гIолохъанго вукIаниги изну гьечIого яргъидгIуцIаразда гьоркьоб гьесул къимат-къадруги гьабулеб букIун буго. Къуваталъул идарабаз лъазабулеб буго гьедин Дарсамовасул къимат-къадру гьабиялъе цойги гIиллалъун букIанила гьев гIарац балагьулев чи вукIин.

Гьесда абулеб букIун буго бищун кIудияв талавурчийилан. Гьес гIуцIулел рукIун руго «флешкаби реххизе» бегьулелгIадал бечедал чагIазул, бизнесменазул сияхIал.

Гьезул хIакъалъулъ баянал ракIарулев чиги живго Дарсамов вукIун вуго. Хасал идарабаз лъазабухъе гьес хасаб система гIуцIун букIун буго «флешкабазул бизнес» цебе тIезабиялъе. Къуваталъул идарабаз кьурал баяназда рекъон гъоркьисалалде дандеккун Дагъистаналда «флешкаби» ритIун гIарац бахъиялъул хIужжаби гIезегIан дагьлъун руго.

Гьелъие гIиллалъун бугила изунгьечIого яргъидгIуцIаразул Ибрагьим ХIажидадаев гIадал бутIрул тIагIинарийилан лъазабулеб буго гьез.

Дагьлъун рукIаниги гьединал хIужаби жеги тIубан тIагIун гьечIила, гьел тIагIиналъе квалквал гьабулеб бугила гьел «флешкаби» рачIарал чагIаз хасал идарабаздаги лъазабичIого гьеб бахчизе лъугьин, яги гьезул тIалабалги тIуран гIарац кьейилан абун лъазабун букIана Дагъистаналъул жанисел ишазул министр ГIабдурашид МухIамадовас дагьаб цебегIан букIараб республикаялъул террориризмалде дандекъеркьолеб комиссиялъул данделъиялда.

26 ноябралда «Рагьараб власть» абураб цIаралда гъоркь тIобитIараб Дагъистаналъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазанил чIагояб эфиралдаги республикаялъул нухмалъулес лъазабуна гьаб сагIаталда Дагъистаналда ахIвал-хIал лъикIаб рахъалде хисун бугила, цебе гIадин «флешкабазул» бизнесги цебе тIун гьечIилан.

ГIабдулатIипов Рамазан: «Жакъа флешкабиги ритIун гIадамал хIинкъизарун бажаруларо, цебегIадин гьанже щибаб рукъалъул кIалтIа кьвагьиялги гьечIо. Гьеб киналъго бихьизабулеб буго Дагъистан цIилъулеб, цебетIолеб букIин.

Республикаялда лъикIаб ахIвал-хIал букIиналъе цадахъ рекъон хIалтIи гьабулеб буго жанисел ишазул идарабазги тIалъиялъги. Гьеб хIалтIул лъикIал хIасилалги руго. Цере диниял фатанатлъул рукIаралгицин гIодоре риччалел руго. Цебе гIадин бусурбабазул рикьалабазда гьоркьобги кьалги гьечIо гьанже.

Гьезул щибав жидецаго тIаса бищараб нухккун унел руго, гьедин рукIине гьезие киналго ресалги кьолел руго. Амма гьезул щивасда тIадаб буго жидерго халкъалъеги пачалихъалъеги пайдаяллъун рукIине, цадахъ рекъон хIалтIизе.

Дидаги нухмалъулев хIисабалда тIадаб иш буго киналго гIадамазе лъикIлъи гьабизеги, гьезул ихтиярал цIунизеги. Щивниги ватIа гьавизеги бегьуларо. Гьеб иш букIине кколедухъ билълъинабизе буго, гьел гIадамазул хьвада-чIвади къануналда рекъараб бугебгIан меххалъ. Гьезул ихтиярал хвезаризеги дица лъиениги биччазе гьечIо.

Амма гьеб букIине буго гьез пачалихъалде данде ярагъ бахъизегIан. Гьеб бахъани, халкъалъулги улкаялъулги рахIатхвезабизе лъугьарав щивав чиясе кьварараб тамихI гьабизе буго, гьезда щибниги гурхIелги букIине гьечIо».

Гьебго чIагояб эфиралъул заманалда ГIабдулатIиповас цIакъ кIудияб кIвар буссинабун букIана бакIалъул жамагIатаз изнугьечIого яргъидгIуцIаразде данде къеркьеялъул иш лъикI гьабизе ккеялде. Республикаялъул бетIерас лъазабуна щибаб росдада тIадаб бугила гьезда дандечIей гьабизеги, гIолохъаби гьеб экстремистияб нухде инчIого рукIиналъе хIалтIи гьабизеги.