Монголазул диссидент Китаялда эркен гьавун вуго

Китаялда эркенлъуде виччан вуго политикияб гIиллаялдалъун жанив къогогIан сон барав монгол миллаталъул диссидент Хада. Гьадин талат къоялъ Reuters агентлъиялъе лъазабуна гьесул гIага-божараз.

1996 соналда гьесда чIван букIана жасуслъиялъул ва сепаратизмалъул гIайиб. Amnesty International гIуцIиялъ, Евроцолъиялъ ва Цолъарал Штатаз Хада лъазавуна намусалъул туснахълъун. Китаялъул тIадтараз кьварараб контроль гьабулеб буго Жанисеб Монголиялда бугеб ахIвал-хIалалда тIад.

Гьеб икълималъул автономияб статус бугониги. Ва доба хIалтIизабулеб буго Тибеталдаги уйгуразул Синьцзян икълималдаги билълъанхъизабулеб миллияб политикаялда релъараб. Гьеб политикаялъ миллатазул ихтиярал хвезарулел руго, ян абулеб буго инсанасул ихтиярал цIунулезги гIемерал политиказги.