ГIизраилалъ Сириялде гьужум гьабуна

Сириялъул командованиялъ ГIизраилалде гIунтIизабуна Димишкъи шагьаралда аскIоб авиарейдал гьариялъул гIайиб.

Гьужум гьабун буго Сириялъул тахшагьаралъул халкъаздагьоркьосеб аэропорталде. Ян лъазабуна Сириялъул рагъулаб тIалъиялъ. Къурбанал ккечIо.

Загьирабураб лъазабиялда абун буго ГIизраилалъул командованиялъ квербакъи гьабулеб бугин Сириялъул президент Башар Асадил низамалде данде чIарал яргъид гIуцIарал къукъабазде.