НАТО-ялъул аскариял рагъдезе гьечIо Афгъанистаналда

Кабулалда тIобитIана Цолъарал Штатазул ва НАТО-ялъул аскариязул рагъулаб кумек рагIалде бахъиналда хурхараб официалияб тадбир.

Гьединаб кумек 13 соналда жаниб халат бахъулаан. Рехсараб тадбиралда кIалъазе вахъарав Америкалъул генерал Джон Кэмбэллица лъазабуна 2015 соналъул 1январалда байбихьун цIияб операция букIине бугин.

Гьаб нухалъ тIалибазде данде Афгъанистаналъул хIукуматалъул аскариязулгун цадахъаб къеркьей гьабизе гьечIин магърибалъул аскарияз.

НАТО-ялъул ва Цолъарал Штатазул рагъулаз Афгъанистаналъул хIинкъи гьечIолъи цIуниялъул хъулухъчагIи хIадур гьаризе ругин.

Афгъанистаналда гIаммаб къадаралда Магърибалъул 3000 аскарияв чIван вуго. Гьезда гъорлъ – 2010 американияв.