Халкъазда гьоркьосеб захIматалъул гIуцIиялъул хIисабалда дунялалда руччабазул дискриминация хутIулеб буго

Дунялаъул гIемерисел регионазда руччабазул буго лъикIаб лъай, кIудияб махшел ва лъикIал хIалтIул хIасилал, амма гьезул хIалтIухъ кьолеб буго бихьиназдаса гьитIинаб мухь.

Халкъазда гьоркьосеб захIматалъул гIуцIиялъул хIисабалда, гьелъул экспертаз цIех-рех гьабураб 38-абго улкаялда хутIулеб буго гьединаб ахIвал-хIал. Гьебги щиб, руччабазе хIалтIухъ чIезабураб мухьалъухъ балагьун, бищунго кIудияб дискриминация бихьулеб буго Цолъарал Штатазда.

Халкъазда гьоркьосеб захIматалъул гIуцIиялъул специалистазул пикруялда, руччабазул гьитIинаб харж букIиналъе гIиллалъун ккола гьезул хIалтIуе мекъаб къимат кьей, гьел ургъунго харж гьитIинаб хIалтIуде ритIи, экономикияб рахъалдаса рарал гражданазде гIадаб бербалагьи букIин ва гьел лъикI гIуцIараб экономикияб сфераялде ричангутIи.

Цингигиян лъазабулеб буго гьез, профсоюзазул хIаракатчилъиялда гIахьаллъулел руччабазул къадар гьитIинаб бугин.

Европаялдаги Бразилиялдаги гьел параметрабазул рахъалдаса руччаби цере ун рукIаниги, харж кьеялъул рахъалдаса гьенибги проблемаби хутIулел ругин лъазабулеб буго Халкъазда гьоркьосеб захIматалъул гIуцIиялъул вакильзабаз.