Freedom House абураб халкъазда гьоркьосеб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъ лъазабуна, ункъабилеб соналъ дунялалда интернеталъул эркенлъиялда сверун ахIвал-хIал квешлъулеб бугин.
Хасго гьеб процесс гьанже баянго бихьулеб бугин Россиялда, Украиналда ва Туркиялда хурхунин.
ГIуцIиялъул хасаб докладалда абулеб буго бищунго хъачIаб къагIидаялда интернеталъул эркенлъи хвезабулел улкаби кколин Сирия, Иран ва Китай.