Грозныялда рагъулаб тунка-гIуси

Your browser doesn’t support HTML5

Грозныялда тунка-гIуси

Грозныялда 4 декабралъул сардилъ рагъулаб тунка-гIуси ккана изну гьечIого яргъидгIуцIаразда ва низам цIунулезда гьоркьоб. Шагьаралъул гIадамаз бахъараб профессионалияб гуреб видеоялда бихьулеб буго сардилъ гьенир кьвагьулел рукIарал кунчIулел гулбузул мухъал. Радал бахъараб видеоялда бихьулеб буго чанго рукъ бухIулеб. Нухмалъиялъ лъазабулеб буго кIиябго рахъалдасан ичIго чи хванин гьеб тунка-гIусиялдайин.

Грозныялда хасаб операциялъул хIасилалда чIван вуго низам цIунулел идарабазул 10 чи, жеги 20-яв лъукъунги вуго. Гьедин лъазабулеб буго «Интерфаксалъ». Нухмалъиялъул рагIабазда рекъон, гIадатиял гIадамазе зарал ккун гьечIо.

АрбагI къоялдаса хамиз къоялъул сардилъ изну гьечIого яргъидгIуцIаразул къукъаялъ кверде босун буго Грозный бакьулъ бугеб басмахана ай Дом печати. Гьелдаса цебе рагъулаб тунка-гIуси ккун буго яргъидгIуцIаразда ва чIовудабакIалда рукIарал нухда низам цIунулел полициязда гьоркьоб. Гьеб бакIалда чIван вуго чанго полицияв. Хадусан лъан буго басмахана кверде босаразул анкьгояв чIван вукIин. Гьеб хасаб операциялъе бетIерлъи гьабулеб букIун буго Чачанлъиялъул нухмалъулев Къадиров Рамзаница.

Гьес лъазабуна яргъидгIуцаразул цоги къукъа сверун ккун бугин шагьар бакьулъ бугеб №20 школаялдайин.

«Эркенаб мобилияб къукъаялдаса» инсанасул ихтиярал цIунулев Сергей Бабинецица Эркенлъи Радиоялъе бицана гьаб сагIат Грозныялъул къватIахъе рахъунгейин, вахъарав чи ватани рокъове тIадвуссайин абулеб бугин. Шагьаралде жанире рачIине ва гьениса къватIире инеги рес гьечIин кколеб буго гьесда.

НугIзаз лъазабулеб буго кьвагьа-гIанхъи шагьаралъул чанго мухъалда рагIулеб букIанин.

Грозныялде гьабураб тIадекIанцIиялъул жавабчилъи тIаде босун буго «Имарат Кавказ» абулеб террористияб къукъаялъ. Гьедин лъазабулеб буго яргъидгIуцIаразул сайтазул цоялда.