Украиналъул машрикъалъул рахъалда ургъунго ахIвал-хIал хIалуцинабиялъул ва аннексия гьабураб Крымалъул милитаризация гьабиялъул Россиялде гIайиб гIунтIизабулеб буго НАТОялъул улкабаз ва Украиналъ.
Талат къоялда Брюсселалда букIараб данделъиялда къабул гьабураб Евроцолъиялъул улкабазул ва Украиналъул къватIисел ишазул министразул цадахъаб лъазабиялда абулеб буго, Россиялъул гьединал галаби данде кколел гьечIин халкъазда гьоркьосел къануназдейин.
ТIоцебего бицен гьабулеб бугин сепаратистазе танкаби, ПВОялъул системаби ва цогидаб къуватаб ярагъ чIезабиялъулин.
НАТОялъул улкабаз ва Украиналъ кIвар буссинабуна, сепаратистаз жидерго контролалда гъоркь ругел территориязда тIоритIарал рищиязул хIасилазул адаб гьабулеб букIиналъул пикру Россиялъ загьир гьабун букIиналде, гьелдаго цадахъ Магърибалъ ва Киевалъ гьел рищиял къабул гьаризе гьечIеблъиялде.
Россиялъул галабазул хIинкъи бугин Украиналъе ва гьелъул кIудияб квешаб асар бугин Европагун Атлантикияб регионалъул хIинкъигьечIолъиялде ва парахалъиялдейин, абулеб буго лъазабиялда.