МахIачхъалаялда маршруталъул таксиялъухъ багьа борхизабун буго

Итни къоялда МахIачхъалаялъул маршруталъул таксиялъул шоферзабаз борхизабун буго пассажирал раччиялъухъ мухьалъул багьа 21 проценталъ.

Гьелъул хIакъалъулъ маршруткабазда жанир лъазабиял рукIаниги, тахшагьаралъул администрациялъ нахъ чIвалеб рагIула гьеб хIужжа.

Гьелъул вакильзабазул рагIабазда рекъон, официалияб къагIидаялда багьа борхизабун гьечIо, гьеб кколеб рагIула цо-цо шоферзабазул жидерго инициатива.

Гьезго лъазабулеб буго, гьеб суал жидеца гьанже гьоркьоб лъолеб бугин.