Рималъ Папаца Туркиялде бухьараб сапаралъул ахирисеб къо

Рималъул Папа Францискица ва Константинополалъул патриарх Варфоломей тIоцевесес лъазабуна Украиналда рекъел чIезабизе хIажат бугин. Гьез гьеб конфликталъул киналго рахъал ахIана диалогалде. Гьедин лъазабулеб буго гьел кIиязго гьатIан къоялда къабул гьабураб декларациялда.

Францискица ва Варфоломей ТIоцевесес дандрана Сириялда ва ГIиракъалда «Исламияб пачалихъин» жиндаго абулеб радикалияб къукъаялъ христианазде тIадецуй гьабулеб букIиналъул суалги. Гьез рикIкIунеб буго исламгун цоцазул адаб гьабиялъул ва гьудуллъиялъул принципал цIунараб конструктивияб диалог гьабизе кколин.

ГьатIан къо букIана Францискица Туркиялде бухьараб лъабго къоялъул сапаралъул ахирисеб. Гьелъул гIурхъабалъ гьев дандчIван вукIана улкаялъул президент Ражаб Эрдогъангун ва гьес как бан букIана СултIанахIмадил мажгитала Стамбулалъул муфтий РахIми Яранида цадахъ.