Молдавалда жакъа унел руго парламенталъул рищиял. Гьезие кьолеб буго Европаялъулгун интергациялъул рахъ кколел ва Россиялдехун цIайи цIикIкIарал политикиял къуватазул къеркьеязе гIадинаб къимат.
Улкаялда гьаракь кьезе ихтияр буго лъабго миллионгун 200 чиясул. Гьез ункъго соналъул болжалалде вищизе вуго 101 депутат.
ЖамгIияб пикру лъазабизелъун тIоритIарал цIех-рехаз бихьизабун буго гIадамазул цIикIкIунисеб бутIаялъе магърибалдехун цIайи бугел партиял рекIее гIолел рукIин. Гьаркьал кьеялде цебе рищияздаса бахъун буго Россиялдехун цIийи бугеб партия. Гьелда гIунтIизабулеб букIана къватIисел улкабаздаса къануналде данде кколареб гIарац босиялъул гIайиб.
Гьаркьал кьеялда хадуб хал ккун буго 3000-ялдаса цIикIкIун тохалчияс.
Гьезда гьоркьор руго Европалда рекъон хIалтIиялда ва хIинкъигьечIолъи цIуниялда сверун идараялдаса (ОБСЕ), Лъидаго рачIел улкабазул Гьудуллъиялдаса (СНГ) ва Евроцолъиялдаса вакилзаби.
Рищиял тIурараллъун рикIкIуна рищарухъабазул ункъго бутIаги гьабун лъабго бутIа гьезда гIахьаллъани.
Европаялъул улкабазул бищунго мискIинабин рикIкIунеб Молдовалъе 2009 соналдаса нахъе нухмалъи гьабулеб буго магърибалдехун цIайи бугел партияз. Исана апрелалда молдовалъул гражданазе кьун букIана Шенгеналъул зонаялде виза гьечIого ине рес.