Нигериялда мажгиталда чIван вуго 100-ялдаса цIикIкIун чи

Нигериялда мажгиталде исламистаз тIадекIанцIи гьабидал хун вуго 100-ялдаса цIикIкIун чи. Улкаялъул президент Гудлак Джонатаница гьеб тIадекIацIи какулаго абуна «гIаммав тушманасде данде халкъ цолъизе кколин». Кано шагьаралъул Централияб мажгиталда гIадамаз какал ралаго гьабун буго чанго кьвагьи.

Гьеб мажгит буго, гьал къоязда СагIудиязул ГIарабиялда вугев, эмир МухIамад Санусил кIалгIаялда аскIоб. Эмирас чанго нухалда ахIун рукIана бакIалъул гIадамал «Боко-ХIарам» абулеб къукъаялде данде къеркьезе ярагъ босизе.

Ахирал соназда Кано шагьаралъул гIадамазде чанго тIадекIанцIиял гьарун рукIана. РикIкIунеб буго гьел раликалияб «Боко-ХIарам» къукъаялъ гьарулел ругин. 2009 соналда гьеб къукъаялъ чIван вукIана

2000-ялдаса цIикIкIун чи.