Хосни Мубарак гIайибал гьечIевлъун лъазавун вуго

Мисралъул диванханаялъ шамат къоялда къабул гьабуна экс-президент Хосни Мубаракида 2011 соналда демонстрантал чIваялъул гIахьаллъиялъул гIайиб гьечIин. Гьеб ишалда сверун гIайибал гьечIевлъун лъазавун вуго улкаялъул хIинкъигьечIолъи цIуниялъул рахъалъ тIадегIанаб нухмалъиялда вукIарав жеги анкьго чиги. Гьездаго гьоркьов вуго жанисел ишазул министрлъун вукIарав ХIабиб аль-Адлиги.

Шамат къоялъ диванханаялъ къабул гьабуна Мубаракалда хурхун коррупциялъул ишалдаги гьесда гIайиб гьечIин абураб хIукму. Гьедин бугониги экс-президент хутIулев вуго туснахъалъувго, щайгурелъул коррупциялда бараб цоги ишалда хурхун гьев лъабго соналъ жанив тIамун вукIун. 86 сон барав Мубаракица нахъчIвалел руго жинда гIунтIизаруралщинал гIайибал.

2012 соналда Хосни Мубарак гIумруялъго жанив тIамизе хIукму гьабун букIана диванханаялъ. Гьелъ чIезабун букIана, 2011 соналда Мубарак реххиялде рачарал демонстрациязда гIахьалъарал чIваялъулъ гьесул гIахьаллъи бугин.

2013 соналъул январалда апелляциялъул диванханаялъ гьеб хIукму нахъе бахъун букIана диваналъул процессалда гъалатIал ричIчIан рукIанинги абун.