Мисралда хIалуцараб ахIвал-хIал

Каиралда рузман къоялда лъукъун вуго кIиго офицерги кIиго солдатги. Гьедин лъазабулеб буго Associated Pressалъ. Мисралъул жанисел ишазул министерлъиялъул баяназда рекъон, улкаялъул батIи-батIиял шагьаразда гьабун буго 7 кьвагьи. Полициялъ ккун вуго 100-ялдаса цIикIкIун исламист.

Гьелдаса цебе, гьанже улкаялда гьукъун бугеб «Вацал-бусурбаби» багъа-башариялъул гIахьалчагIаз ахIи бан букIана 28 ноябралда хIукуматалде данде демонстрациязде рахъайин.

Каиралде ва цоги шагьаразде цIан руго полициялъул цIикIкIун къуваталги аскариялги.

Гъоркьиса июлалда армиялъул чагIаз президент МухIамад Мурси реххун хадуб Мисралда халат рахъунел рукIана гьесул рахъ кколезе гьарулел арестал ва кьварун нахъчIвалел руго хIукуматалде данде гьез гьаризе байбихьулел акциялги.

Халкъаздагьоркьосел инсанасул ихтиярал цIунулез кьварун какулел руго Мисралъул нухмалъиялъул гьединаб жанисеб политика.