Гьеб лъугьа-бахъин буго Мокъокъ ва Шаури абураб росдада гьоркьоб бугеб шагьранухда аскIоб, 26 ноябралъул сардилъ сагIат лъабго тIубараб гIадаб гIужалъ. Нахъисеб къоялъул къалъуда лъагIан гурони авариялде ккаразда тIаде чи ккун гьечIо. Гьедин бицана «Эркенлъи» радиоялъе ЦIунтIа мухъалдаса жамгIияв хIаракатчи МухIамад Цезица. Балагьаб лъугьа-бахъин ккараб куцалъул гьадинаб баян кьуна гьес нижее.
МухIамад Цези: «Полициялъул хIалтIухъаби Шауриб абураб росулъа нахъруссун рачIунел рукIарал чагIи ругилан абулеб буго. Цогидаб автомобилалда унел рукIарал гьазда дандречIчIун руго. ЦIакъ квешал нухал руго гьеб бакIалда. Гьеб лъугьа-бахъин ккаралдаса къогIансеб мех ун буго. Ункъоял рахъун руго тIаде. Цояв жеги кодове щун гьечIилан абулеб буго. ТIаде рахъаразул цояги чIаго вукIун вуго, нухде тIаде восулаго рухI босун буго гьесул».
Хваразул щуабилев жеги кодове щун гьечIин, гьев вортун араб бакI цIакъго квешаб кIкIалал тIинда букIиналъ гьенибе ине нух щолеб гьечIилан бицана МухIамад Цезица. ХутIарал ункъоял цодагьал тIадегIан ратун руго ва гьел тIаде рахъизе кIудияб захIмалъи бихьун гьечIилан бицана гьес. Автомобилал кIкIалахъе рортаралдаса таманаб заман аниги, кватIун гурони гьезде тIаде ккечIолъиялъул гIайибги гьес мухъалъул Жанисел ишазул идараялде гьабулеб буго.
МухIамад Цези: «ЦIакъ магIна гьечIеб, тасамахIалъи буго гьениб дир хIисабалда. ГьечIеб батани дуца хIисаб гьабе, сордо-къоялъул болжалда жидер хIалтIухъаби нахъруссинчIеб мехалъ, гьал рилуниш, хуниш ругел абун цIех рех гьабулареб РОВД-ялъул нухмалъиялда кинаб цIар лъезе кколеб? Гьелда релълъараб буго мухъалъул нухмалъиги. Чорокаб, инжитаб, рогьояб цIар щун буго гьезие некIого. ГIадлуяб нхумалъиги букIарабани, сахал нухалги рукIаралани иш гьелде ккелароан. Мухъалъул нухмалъиялъе кколеб гIадлу гьабизе заман некIого щун буго. Гьеб мухъалда аварияги, росабалъ цIаккеялги ккечIеб лъабго моцI букIунаро. Гьел аватомобилал рортараб бакIалдаса, гьаб анкьида жаниб щуго автомобиль бортана гьенисан. Аллагьасул цIобалъ цебесеб нухалъ ками ккечIого хутIун букIана, гьаб нухалъ ккана чиясе къварилъи. Гьел нухал руго церего рарал, чIунтарал, гьел къачIалел гьечIо».
ЦIунтIа мухъалда гьеб тIоцебесеб лъугьа-бахъин гуро. Микьабилеб ноябралда гьединабго куцалъ кIкIалахъе «Газель» автомобиль бортиялъул хIасилалда кIиго чи Аллагьасул къадаралде щун вукIана. Ункъабилеб июналдаги, гьебго ЦIунтIа мухъалда тIад гIадамалги рекIараб УАЗ автомобильги бортун букIана кIкIалахъе. Доб мехалъ гIумруялдаса ватIалъун вукIана анцIго чи гьезда гьоркьоб букIана хахулеб лъимерги.