Дагъистаналъул нухмалъулесе гIадатиял гIадамазул суалал

Дагъистаналъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазан, Москва, 4Фев2014

Жакъа бакъанида Дагъистаналъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазаница чIагояб телеэфиралда жавабал кьезе руго телефоналдасан гьесухъе ахIарал гIадатиял гIадамазул ва залалда ругел журналистазул суалазе. Гьесие жидерго суал кьезе киназулго рес гьечIолъиялда бан, нижеца хIукму гьабуна цо-цо дагъистаниязда гьикъизе кинаб суалалъе жаваб рагIизе нужее бокьилеб яги кинаб суал нужеца республикаялъул бетIерасе кьезе букIарабин абураб цIех-рех тIобитIизе.

​Дагъистаналъул нухмалъулесе кьезе суалго гьечIин жидерин абулеб букIана нухда-къватIир данде ккарал дагъистанияз. Суал кьезе бокьилин ккараз ЭР-ялъе бицана гьаб хадуб рехсараб хабар.

«Нилъер гьаниб ахIвал-хIал кида лъикIлъизе бугеб? Гьал хIакимзабаз ришватал роси кида лъугIизе бугеб? ГIадатиял гIадамазе кьолеб мухь кида цIикIкIинабизе бугеб? ТIокIаб щибниги бокьун гьечIо».

«ГIадамазда тIад гIакIа къотIи кида лъугIизе бугеб? Автобилалда нахъа вукIунев чи вуго дун. Гьединлъидал чIалгIун буго жого гуреб жоялдасан гIакIа кье. Гьединлъидал, нухазда иш кида роцIцIине бугебали лъазе бокьилаан».

«Аллагьас дун лъикI тун йиго. Дие бокьанщинаб жоги Дагъистаналъул бетIерасда гьабизе хIал кIвелищха. Дица абилаан гьесда дуца кинабго лъикI гьабулеб бугин кинабго, хадубккунги гьеб гьабизе тавпикъ кьегийин дуе. Дица щибниги гьарилароан гьесда. Аллагьас дие кьурал лъималазе сахлъи кьейги. Дица гьел лъикIалан цIализеги гьаруна. Цого цо дир ясалъе хIалтIи кьолебаниха гьес, квачан холей базаралда течIого. ГIезегIан лъикI цIаларай жоги йиго гьей».

«Дие бокьилаан низам цIунулез гIадатиял гIадамазде кIвар кьуни. Нижеца гьезде рахъарал гIарзал яги кагътал жаваб гьечIого хутIула. Биччанте гьезда лъан букIине, ниж жидедаса рази гьечIолъи».

«Дица гьесда гьикъилаан мугIалимзабазе хIалтIи щайин гIемерлъизабун бугеб, амма мухь щайин дагьаб бугебилан. ХIалтIул рахъалъ ниж Москваялда ругел мугIалимзабазда ращалъизарулел руго, амма гIарцул рахъалъ гьездаса къолел руго».

«Дие гьесие кьезе суалго гьечIо, яц. Щиб кьелеб эсие? Кинабго жо хиралъун буго. ЦохIо гIарац къваригIин гурого, тIокIалъ къваригIараб жо гьечIо дие».

«Россиялдаги Дагъистаналдаги бищун къваригIарал чагIи ругоха мугIалимзаби. «Сознательностью масс сильно государство» ян абулаанха Лениница. Амма ахираб заманалда цо кепкицагицин цIикIкIинабичIого мугIалимзабазе харжал, коммуналияб гIарац. Гьелъул бакIалда нижехъа рахъулел магъалабазул кутак буго. ЦIалдохъабазул лъай борхизабизе кколин ахIи балеб буго. Амма гьебго заманалда нижер ракI боххизабизе кколаребищ?».

«Нижее, пенсиязе щолел чагIазе, щибха къваригIинеб, пенсияги сахлъиги гурони?»

ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда гIадамаз гьединго бицунеб букIана МахIачхъалаялда тартиб гьечIого ралел ругел минабазулги, Дагъистаналъул нухмалъулев хIалтIудаса рокъове унелъул къалеб нухлулги, цогидалъулги.