Франциялъ Россиялъе "Мистраль" бичулеб гьечIо

Франциялъ хIукму гьабун буго Россиялъе тиролоял тIасан роржунеб гама “Мистраль” бичиялъул иш заманаялъ нахъе бахъизе. Гьелъие гIиллалъун рехсолеб буго Украиналъул машрикъалъул рахъалда бугеб кризис.

Гьедин лъазабулеб буго талат къоялда тIибитIизабураб Елисеялъул кIалгIаялъул лъазабиялда. “Республикаялъул президентас рикIкIунеб буго Украиналъул машрикъалъул рахъалда бугеб ахIвал-хIалалъ рес кьолеб гьечIин гьеб гама бичизе. Гьелъие экспорт гьабизе лицензия кьолеб гьечIо хадусеб лъазаби гьабизегIан”,-гьедин хъвалеб буго гьеб документалда.

Россиялъул улка цIуниялъул министерлъиялъ лъазабулеб буго Москваялъ Парижалъе гьелда сверун тIасан кIалъаял гьаризе гьечIин. Гьеб баян кьолеб буго РИА Новостиялъ.

“Мистралазул” тайпаялъул “Владивосток” абулеб гьеб гама кьезе кколеб букIана Россиялъе 1 млдр. 600 млн. долларалде гьабураб къотIиялда рекъон.

Associated Pressалъ лъазабулеб буго НАТОялда бугеб улкаялъ Россиялъе рагъулаб техника бичиялъул бищунго кIудияб къотIи бугин гьебан.