Шамат къоялъ Тунисалда байбихьана президентасул рищиял. Гьел ккола 20II соналда гьениб букIараб инкъилабалдаса нахъе гьале лъабабилеб нухалъ тIоритIулел эркенал ва рагьарал рищиял.
Доб соналъ ахир лъун букIана Зина эль-Абидин Бен ГIалил авторитарияб режималъе ва тIолго регионалда байбихьана ГIарабазул Ихилан абулеб багъа-бачари.
Тунисалъул президентлъун вахъине къасд гьабулеб буго 27 кандидатас. Бищун кIудиял ресал ругин вукIарав премьер-министр ва «Нидаа Тунис» абулеб партиялъул цевехъан гIумруялъул 87 сон барав Бежи Каид Эссебсил ва гьанжесев президент, инсанасул ихтиярал цIунулев хIаракатчи Монсеф Марзукил.
Нагагь цониги кандидатасе 50-ялдаса цIикIкIун процент щвезе гьечIони, 31 декабрялда букIине буго рищиязул кIиабилеб тур.