Экстремистаз 28 чи чIвана Кениялда

Кениялъул полициялъ лъазабухъе, «Аш-Шабаб» абулеб Сомалиялъул яргъид гIуцIараб радикалиял бусурбабазул къукъаялъ улкаялъул шималияб рахъалда автобусалде гьужум гьабун, 28 чи речIчIун чIвана.

Гьезул цо-цоял кколаан пачалихъиял хъулухъчагIи. Гьел унел рукIана тахшагьар Найробиялде. ГIаммаб къадаралда автобусалда рукIун руго 60 чи. ЧIаго хутIарал кколин бусурбаби.

Гьеб гьужумалъул жавабчилъи тIад босун, «Аш-Шабаб» гIуцIиялъ лъазабуна гьуб къисас букIанин Кениялъул тIадтараз Момбаса шагьаралъул мажгиталда рейд гьабун букIиналъухъ босараб.