Ю. Калмыков-Кавказалъул гьумер

Юрий Калмыков, Россиялъул юстициялъул министр (1992-1994сс)

Исана декабралда тIубала 20 сон Чачаналъ тIоцебесеб рагъ байбихьаралдаса. Официаялиб куцалда гьеб рагъалде абулаан Чачан Республикаялда конституционияб низам чIезабиян, цоги гьелда абула чачаназул конфликт яги Чачанлъиялда тIоцебесеб компания абун. ХIакъикъаталда гьеб букIана 1991 соналда жибго лъидаго бачIеб букIиналъул лъазабураб Чачаназул Республика Ичкериялда ва Россиялъул аскариязда гьоркьоб рагъ.

Гьениб конфликталда кIиябго рахъалъан чIваразул мухIканаб къадар кибниги бихьизабун гьечIо жеги, амма гьениб гIадатияб халкъалъулги, аскариязулги цIакъго гIемарав чи хун вукIин лъицаго нахъчIваларо. РукIана Россиялъул нухмалъиялда, гIемер гьечIониги, гьеб рагъде дандечIарал гIадамалги.

Россиялъул армиялъе гьеб рагъулъ цо-цо икъбалал щун рукIаниги Чачаналъ тIоцебесеб рагъ лъугIуна Хасавюрталъул къотIи-къаяздалъун ва гьениса россиялъул аскарал нахъе иналдалъун. Чачанлъи хутIула биххараб республикагун ва аза-азар къурбаналгун. Гьелде тIадеги Россиялде гьулчула терроралъул карачел.

Гьеб рагъ Россиялъе катастрофаялде сверизе бугин абулел гIемерал рук1инчIел гIадамазул цояв ккола доб заманаялда Россиялъул юстициялъул министрлъун вукIарав черкесав Юрий Калмыков. Гьес Россиялъул тIалъиялда абулеб букIана гьениб рагъ багъари Россиялъе катастрофа букIине бугин. Гьелъул Эркенлъи Радиоялъе бицана Франциялда Сорбонна Университеталда хIалтIулев профессор, чачаназул тарихчи Вачагаев Маирбегица.

Вачагаев Маирбег

Вачагаев Маирбег: «Чачаназул суал къуват хIалтIизабичIого рагIалде бахъунареблъи бичIчIун букIана гьеб заманаялде. Хасго 26 ноябралда Россиялъул офицералгун цадахъ танкабазда, Грозный кверде босизе къасд гьабулеб букIараб оппозиция абулеб жо къезабун хадуб. Гьеб мехалда киназдаго бичIчIана Чачаналъ кинаб букIаниги опозиция гьечIолъи. Гьеб мехалда тIобитIулеб букIараб ХIинкъигьечIолъи цIуниялъул Шураялъул данделъиялда ракIалдаго гьечIого рагIи босун буго Калмыковас. Жидерго ракIалде щвеязда гьеб хIужаялъул бицунеб букIана Сергей Степашиницаги (Жасуслъиялде дандечIолеб Федералияб хъулухъалъул бетIер), Виктор Черномырдиницаги (Россиялъул хIукуматалъул бетIер). Гьез абулеб букIана киназего гIажаиблъи букIанин Калмыковас рагIи боси. Гьеб мехалдаги гьезда ракIалде кколеб букIун буго гьес бицине бугин Чачаналъ гьабизе бугеб рагъулаб операциялъе юрилдикияб магIна кин кьелебали бицине бугин.

Амма Калымковас гьениб абун буго жив Чачаналъ рагъулаб операция гьабиялде данде вугин ва гьес хIаракат бахъун буго гьенир ракIараразда бичIчIинабизе гьеб щай гьениб гьабизе бегьуларебали. Калмыковас гьениб абулеб букIун буго Кавказалъ 19 гIасруялдаго бихьизабунин Россиялъул централияб бутIаялда билъанхъизабулеб политика гьениб билъанхъулареб букIин. Гьеб регионалдехун бербалагьи батIияб букIине кколин, гьенир кинаб букIаниги рагъулаб гIахьаллъи гьабуни-гьеб Россиялъе катастрофа букIине бугин».

Чачаналъ рагъулал ишал байбихьилалде Калмыковасда бажарун буго Россиялъул президентлъун вукIарав Борис Ельцинида цо чанго къо кьезабизе Чачанлъиялъе нухмалъи гьабулев вукIарав Жовгьар Дудаев вихьизавизегIан.

Вачагаев Маирбег: «Юстициялъул министр хIисабалда Калмыковас абулеб букIана нилъеца гьеб территория улкаялъул субъектлъун рикIкIунеб батани, юридикияб куцалдаги мекъаб букIине бугин гьениб рагъулаб операция гьабийин. Кавказияв хIисабалдаги гьес гьезда бичIчIизабулеб букIана гьеб батIияб регион букIин, гьезул тарихги батIияб букIин. Хадуб гьес абун буго жиндие цодагьаб заман кьейин. Жиндие къваригIун бугин Жовгьар Дудаевгун дандчIвазе. Гьелде тIадеги жинда жакъа лъанин гьес духъе, Борис Николаевич, чанго нухалъ гуреб, чанго анцIго нухалъцин гуреб, гьелдасаги гIемер ахIун букIараблъи, амма гьесие мунгун кIалъазе рес кьун гьечIолъи.

-Гьесие рес кьун гьечIо мунгун бухьен гьабизе ва гьесул суалазе жавабал кьун гьечIо,-ян абун буго Калмыковас.

Цинги Черномырдиница бицунеб букIана Чачанлъиялда хурхун хIукму къабул гьабун букIаниги Ельцин цо чанго минуталъ сихI тун чIанин. Гьел рукIанин ракIал цорозарулел лахIзатал, жидеда лъалеб букIинчIин гьанже щиб ккезе бугебали, Калмыковасде ахIдеялдалъунищ гьеб лъугIине бугебали. Чанго лахIзаталдасан абуни, ургъизеги ургъун Евлиница абун буго:

-ЛъикI, дица кьолеббуго дуе заман, хIалбихье Дудаевгун дандчIвазе ва гьес щиб бицунебали бихьизе,-ян».

Грозный, 25Янв1995

Чачан республикагун кинаб букIаниги бухьен букIинчIев Калмыковас Гъарачайгун-Черкесиялда жинда лъалел гIадамаздасан балагьула Дудаевгун бухьен гьабизе ресал. Ичкериялъул вице-президент Зелимхан Яндарбиевгун бухьенги гьабун Калмыков вачIуна Грозныялде. Бицунеб буго Вачагаевас.

Вачагаев Маирбег: «Гьел рачIун руго Дудаевас гIадамал къабул гьарулеб бакIалде. Гьеб мехалда гьевгун дандчIвалел рукIун руго Элла Памфилова ва Сергей Ковалев гIадинал инсанасул ихтиярал цIунулел ва жамгIиял хIаракатчагIи. Яндарбиевас гьезда абун буго нужедаса цере гьел къабул гьаризе ругин абунин Дудаевас гьезулгун хабарги хехго лъугIизабун, гIодове виччан, нужгун кIалъазейин. Калмыковасеги гьеб гьедин дандекколеб букIун буго. Дудаевасул хIалтIул рокъоса къватIире рачIунел гьел киналго Калмыковасде аскIореги рачIун гьевгун кIалъанги руго. Гьезда гьоркьобги Калмыковасул кIудияб адаб гьабулеб букIун. Гьезие къо лъикI гьабизе къватIиве вачIарав Дудаевас вачун вуго цинги Калмыков жаниве.

Калмыковас гьесие бицун буго Москваялда Чачанлъиялда хурхун хIукму къабул гьабун лъугIулеб бугин, жинда гьанжего гьанже гурони лъачIин дуца Ельцингун бухьен гьабизе хIарат бахъулеб букIараблъи ва гь.ц.

Дудаевас гьесда абун буго, жив вугин армияла бащдалдасаги цIикIкIун гIумру арав чи, жинда лъалин рагъ щиб жо кколебали ва жиндие бокьун гьечIин кинаб букIаниги рагъ, тIадежоялъе Чачан республикаяда рагъин. Рагъ биччангутIизе бокьараб гьабизе разияв вугин жив, амма жинда кIоларин чачан республика лъидаго бачIеб букIиналдаса инкар гьабизейин.

Жив разияв вугин Россиялъулгун гIаммаб рагъулаб территория букIиналда, финансазул территорияги гIаммаб букIине рес бугин ва гь.ц. Къокъго абуни, бихьулеб букIун буго дандразе суалал гIемерал рукIараблъи.

Калмыковас абун буго жакъаго Ельцин вихьизавилин жинца ва дуца бицунеб бугеб гьесда рагIизабилин ва рагъ чIезабизе кIвезе бугин нилъедайин кколин жиндайин».

Грозный, 1996

Грозныялда Калмыковги Дудаевги дандчIвалеб заманаялда Москваялда унел рукIана цоги данделъаби ва гьезул хIасил Калмыковасда лъала Москваялде вачIарабго.

Вачагаев Маирбег: «Гьеб параялъго Калмыков воржун вуго Москваялде. Ельциница гьев къабул гьавун гьечIо. Лъалеб букIахъе, доб заманаялда Ельциница жинцаго гьабулелъе къимат кьолеб букIинчIо. Гьев вукIана жиндир сверухълъиялъул, жиндир ясалъул контролалда гъоркь бугев чи. Гьев вукIана психикияб рахъ рукIалида букIинчIев улкаялъул бетIер.

Калмыковас хIалбихьун буго гьеб заманаялда премьер-министрлъун вукIарав Черномырдинисадан гьесухъе нух бахъизе. Черномырдиница гьесда абун буго жинца бажарарабщинаб гьабилин дуца бицарабщинаб гьоркьоса рагIи камичIого Ельцинихъе щвезабизейин, аммаян абун буго гьес жинда кколин гьеб суал гьанжеялде рагIалде бахъун бугин.

Гьебго сордоялъ Ельцингун дандчIван вуго Черномырдин, гьелда хадусан гьес Калмыковасда лъазабунги буго Ельцинидаги гьикъичIого рагъуе къали бухизе байбихьун бугин. Чачанлъиялде сверухъе аскарал цIалел ругин, гьел Моздокалде рехулел ругин ва рагъ байбихьулеб бугин».

Россия-Чачаналъе ритIулел солдаталги гьезул улбулги. Тверь, Дек1994

1 декабралда россиялъул авиациялъ кьаби щвезабула Калиновскаялда ва Ханкалаялда рукIарал аэродромазда ва пайдаялдаса бахъула гьениб россиялъул армиялъ нахъе унаго тун букIараб 121 аэропланги кIиго тирелоги.

11 декабралда Ельциница гъулбас лъола Чачан Республикаялда конституционияб низам чIезабизе бихьизабурал къотIиялда гъоркь. Гьебго къоялъ Россиялъул улка цIуниялъул министерлъиялъул ва Жанисел ишазул министерлъиялъул аскарал лъугьуна Чачанлъиялде. Гьел рикьун рукIуна лъабго бутIаялде. Цояб унеб букIана Гъалгъай Республикаялдасан, кIиабилеб-Моздокалдасан ва лъабабилеб-Дагъистаналдасан.

Дагъистаналдасан унелъе чанго къоялъ нух къан букIана Хасавюрт мухъалда гIумру гьабулел гIавухъаз, Гъалгъаялъан унелде Барсуки абулеб бакIалда тIадекIанцIи гьабун букIана. Амма Моздокалдасан бачIунеб къукъа 12 декабралда чIола Грозныялдаса 10 километралъул рикIкIалъуда ва гьезде кьвагьула чачаназ «Градаздасан». Лъабабго гьеб къукъа данделъун Грозныялде цIияб гьужум байбихьун букIана 19 декабралда.

Вачагаев Маирбег: «Гьеб мехалда Калмыковас гьабула советияб заманалда нилъеда я бихьичIеб, я рагIичIеб жо. Гьес лъазабула жив улкаялъул юстициялъул министрасул хъулухъалдаса нахъе унев вугин. Гьеб киналъего гIиллалъунги гьес рехсон буго Чачан республикаялде данде гьабулеб рагъул рахъ ккурав чилъун вукIинаредухъ абун».

Калмыковас гIадин жиндирго хъулухъ тола гьел къоязда Россиялъул ракъдал аскаразул нухмалъулев хисулев Эдуард Воровьевасги. Гьес жиндир инкаралъе гIиллалъун бихьизабула «армия гьеб рагъде хIадураб гьечIолъи».

Гьединго хъулухъалдаса ун вукIана Шималияб Кавказалъул рагъулаб мухъалда аскаразе бетIерлъи гьабулев вукIарав генерал-полковник Митюхин Алексейги жеги цо-цо генералалги. Гьедин бицун буго жиндирго ракIалде щвеязда доб мехалда Россиялъул улка цIуниялъул министрлъун вукIарав Павел Грачевас. Гьесго абулеб буго Чачаналда рагъуе бетIерлъи гьабизе жиндие изну кьейин вачIанин генерал Анатолий Квашнинин.

Чачаналъ вагъулев Россиялъул солдат

Амма гьел къоязда рагъде данде рукIарал гIадамазул гьаркьал рагъулел рукIинчIо. Рагъул сас къотIараб мехалдаги гьезул бицунаро.

Рагъде данде гьабулеб хIаракатчилъи гьеб мехалдаги тун букIун гьечIо Юрий Калмыковас.


Вачагаев Маирбег: «Чачаналъ рагъ унеб мехалдаги гьес Конституционияб диванханаялде гIарза хъван, хIаракат бахъулеб букIана гьениб рагъ гьабиялъул хIукму мекъаб бугин абуран чIезабизе. Гьес конституционияб диванханаялде хъван букIана киналго аскариязул бетIер хIисабалда Ельциница гъулбас лъураб хIукму къануналде данде кколарин абураб гIарза. Гьеб гIарзаялъул хал гьабулеб мехалда Конституциояиб диванханаялъул гIахьалчагIаз гьесда жиндаго гьикъулеб букIун буго жидерго коллега хIисабалда жидеда бичIчIизабейин гьаб суалин абун. Гьеб диванханаялъул данделъиялъул хъван букIана доб заманаялъул газетабазда. Гьесдехун гьезул букIана пачалихъалда тIасан гIарза хъварав чиясдехун гIадинаб гуреб, цебе лъураб суал лъикIго лъалев чиясдехун гIадинаб бербалагьи.Вачагаев Маирбегица ракIалде щвезабулеб буго.

Гьес гIодове виччан гьезда ричIчIизабулел рукIана гьезда ричIчIунарел суалал.

Гьеб киналъго бихьизабулеб буго рагъ унагоги гьев рагъда цеве вукIарав гIадин гьелде дандечIун вукIин. Гьединал гIадамал, узухъда, дагьал рукIана, амма гьеле гьел руго Шималияб Кавказалъул гьумерлъун. Гьел руго тарихалда хутIизе ругел гIадамал».

Калмыков гIумруялдаса ватIалъула 1997 соналда. Гьесда бихьана, жинца абулеб букIараб куцалда, Чачалъ бахъарараб рагъ Россиялъе катастрофалъун бахъин.

Гьес нухмалъи гьабулеб букIана Черкесазул халкъаздагьоркьосеб ассоциациялъе, гьев вукIана Россиялъул юридикияб школаялъул (Российской школы частного права) ректорлъун. Гьев вукъун вуго Гъарачайгун-Чергесиялъул Абазакт абулеб живго вижараб росулъ.

Вачагаев Маирбег: «Калмыков Юрий кIодо гьавун, Грозныялда буго гьесул цIар кьураб къватI. Дица рикIкIуна гьеб цIакъ дагь бугин. Грозныялда хисараб тIалъиялъцин хIаракат бахъичIо гьеб цIар хисизе, гьезцин гьабула гьесул адаб. Гьединлъидал цIияб нухмалъиялъул заманаялдаги гьеб къватI гьединго буго. Дида ккола, хадусанги лъидаго ракIалде ккезе гьечIин гьеб къватIалъул цIар хисизейин. Гьевин абуни мустахIикъав вуго цо къватIалъе гурел гIемерал цоги бакIазеги жиндир цIар кьеялъе».

1990 соназул авалалда жибго лъидаго бачIеб букIиналъул лъазабураб Чачаназул Республика Ичкерия гьединаб букIин къабул гьабун букIинчIо цониги пачалихъалъ.

Ичкериялъул букIана жиндирго пачалихъияб символика-байрахъ, герб ва гимн, республикаялъе нухмалъи гьабулеб букIана диниял гурел идарабаз ай парламенталъ ва хIукуматалъ. ВукIана президент ва рукIана диниял гурел диванханаби. РакIалда букIана республикаялъул жиндирго рагъулал къуватал гIуцIизе ва жиндирго-нахара- абулеб валюта биччазе.

Амма гьеб республикаялъул мадугьалихъ рукIарал регионазул гIадамазда гьеб заман ракIалда буго гIадамал рикъиялдалъун, гIагараз гIарацги бакIарун жидерго рикъарал нахъе ричун росулел рукIиналдалъун, Чачаналъан унел поездал талавур гьарулел рукIиналдалъун.

Цо-цо информалатаз кьолел руго гьадинал баянал: 1992-1993 соназда чачаназул территориялда ургъунго чIван вукIана 600 чи, талавур гьабун букIана гьенисан унеб 600-гIан поезд, гьезда букIараб ва бикъараб къайиялъул багьа бахунеб буго 12 млрд. гъурщиде. Гьел талавур гьарулаго чIван вуго маххул нухазул 26 хIалтIухъан.

Чачаналъе рачIунел россиялъул танкаби, Декабрь 1994.

Маххул нухазул цо бутIаялъул жаваб кьезе тун букIун буго Лабазанов Русланил къукъа. Гьеб, аслияб куцалда, гIуцIун букIун буго гьес бетIерлъи гьабулеб букIараб Грозныялъул туснахъалъур жанир тIамун рукIарал чагIаздасан. Лабазанов вукIана Дудаев цIунулезул бетIерлъунги.

Вачагаев Маирбег: «Узухъда, гьеб кинабго нижеда бихьулеб букIана, бахчун гьебги хIебтIулеб букIинчIо. Поездаязде тIадекIанцIиял гьарулел ва гьел талавур гьарулел рукIинги лъалеб букIана. Нижеда бичIчIулеб букIана тIалъиялда тIолабго республикаялда контроль чIезабун ва гIадлу гьабун бажарулеб гьечIолъи. РукIана гьеб заманаялда Руслан Лабазанов гIадинал чагIи. Гьес контроль гьабулеб букIана маххул нухалъул Гудермесалда ва Хасавюрталда гьоркьоб бугеб бутIаялъе. Дудаевасе тIубараб дискредитация гьабулеб букIана Бислан Гантемировас. Гьес гIуцIун букIана яргъидгIуцIараб оппозиция Грозныялда ва ГIурус-Мартан мухъалда. Надтеречный мухъалда кверщел гьабулев вукIана гьелъул администрациялъул бетIерлъун вукIарав Авторханов ГIумар. Терек халаса жиндирго оппозиция гIуцIулеб букIана гьес.

Лабазановалги, Гантемировалги, Авторхановалги Россиялъ рахъ кколарел гIицIго чачаназул проблемаби рукIаралани, дида ккола, Дудаевас гьезда цебего ва бигьаго жидерго бакI бихьизабизе букIанин. Гьезда нахъа Москва чIун бугеб мехалда поездазде тIадекIанцIиял гьарулел ругел чIваниги хисизабизе кIолеб жо букIинчIо. Гьеб кинабго гIадлу-биххи букIана санкциялги кьун ургъунго гьабулеб бугеб жо.

Щай гьел поездал лъагIел халаса талавур гьарулел рукIарал? Иш гьедин кколеб батани, щайха гьел хадусан 1996 соналда ритIарал гIадин Астраханалдасан ритIичIел байбихьудасанго?

Щай чIезе кколел рукIарал Чачаналъ рагъул кор боркьизегIан?

Щай гьел ритIичIого чIезарунгIаги рукIинчIел талавур гьариялъул хIинкъи бугеб мехалда?

Щайгурелъул, масала, Хасавюрталда ва Гудермесалда гьоркьоб талавур гьабулеб поезд хIалае ккун Москваялда ругез таманаб къайи-къоно бикъулеб букIун. Гьез жидерго кагътазда хъвалеб букIана жидеца битIанин, масала, лъеберго вагон бугеб яги чанго километралъул халалъи бугеб поездин, хIакъикъаталда лъабго вагонги битIун. Гьеб кинабго къваригIун букIана миллиардал рикъулел гIадамазе.

Масала, хъвалеб букIана цо млн. долларалъул багьа бугеб дарай битIанин. Чанго къоялдасан гьез хъвалеб букIана поезд ичкерийцаз талавур гьабун бугин. Гьез гьеб бухIун бугин ва гьеб къайи нилъее камунин.

ХIакъикъаталда абуни гьеб къайи гьез Россиялда бичулеб букIана цо гуреб кIиго миллионалде. Гьеб букIана гьезул бизнес. Гьеб букIана Москваялъ официалияб куцалда изну кьураб бизнес».

ЭР: Дуда кIолищ Жовгьар Дудаевасда жинца бетIерлъи гьабулеб республикаялда тIад контроль гьабизе кIолеб букIинчIин абизе?

Вачагаев Маирбег: «Дица абила Дудаевас хIаракат бахъулеб букIанин низам хучдузул тIогьаздалъун гуреб къанунияб куцалда чIезабизе. Гьесда кIолеб букIана хучдул хьвагIизеги, амма гьес хIвагIичIо. Хадуб гьединабго жо ккана Аслан Масхадовасеги. Чанго бетIерги гиризабун чачаназул би гIодобе тIеялдаса гьез тамахлъи тIаса бищана. Хадур гIуна батIи-батIиял оппозициониял къукъабиги гьезул рахъ кквезе бахъана Москваги. Москваялдаги кколеб букIана Дудаевасде данде кIалъалев чанго чи гьенив вихьидал, хIакъикъаталдаги гьев гьезие дандекколев гьечIин. Амма абизе ккола гьеб заманаялда Жовгьар Дудаевасул рахъ, дунго гьединав чи вукIинчIониги,

халкъалъул тIокIлъигун цIикIкIунисеб бутIаялъ кколеб букIанин. Гьеб буго кинабгIаги щаклъи гьечIеб хIужжа. 50-60% гуреб бицен бугеб, бицен буго 90-99 проценталъул. Гьединаб жо Чачаналъ киданиги букIинчIо ва хадусан букIиналда щаклъиги буго».

Аскараз рахчулел руго жидеца гIакъуба кьун хвезарурал чачанал, 1995

Чачаназул тIоцебесеб рагъулъ Россиялъул аскариязе ккарал «тIадруссунарел камиял» абулеб тарих гIага-шагарго бащалъулеб буго 5500 чиясда. Чачаназул яргъидгIуцIараз абуни абулеб буго Россиялъул армиялъе 80 зарго чи камунин гьел соназин.

Чачаназул рагъулал къуватазул 17 азаргоялдаса цIикIкIун чи хванин рикIкIунеб буго гIурусазул рахъалъ, жалго чачаназ рехсолел руго 3000-4000ялде щвезегIан чи.

Чачаназул тIоцебесеб рагъулъ чан гIадатияв чи хварабали официалиял баянал гьечIо. Инсанасул ихтиярал цIунулез рехсолеб буго 25 азаргоялдаса-40 азаргоялде щвезегIан чи. 2000 соналда чачаназул президент Аслан Масхадовас рехсолеб букIана гьел соназ чIварал гIадамазул къадаралда хурхун 120 азарго абураб тарих.