ЖамгIияб транспорт хиралъулеб буго

МахIачхъалаялда жамгIияб транспорталда рекIадухъ кьолеб гIарац I6 гъурщиде бахине бугила гIагараб заманаялъ. Кинал гIиллаби ругел багьа бахиналъе ва кинал пикру бугеб гIадамазул иргадулаб нухъалъ гьеб бахинабиялда хурхун.

МахIачхъалаялда жамгIияб транспорталда рекIадухъ кьолеб багьа кватIичIого 16 гъурщиде бахине буго. Гьебго заманаялъ къаси микьго тIубаралдаса рекIадухъ багьа букIине буго 20 гъурущ.

Гьедин лъазабулеб буго МахIачхъалаялъул промышленносталъулгун транспорталъул нухмалъиялъул бетIер ХIусейнов Андрейица.

Гьесул рагIабазда рекъон, рекIадухъ багьа хира гьабулеб буго транспорталъул хъулухъазул даража цIуниялъе. Гьединго, хира гьаби бараб буго бензиналъул ва газалъул багьа бахун букIиналда.

Гьелдаго цадахъ хвараб машина къачIай ва тIагIелал хиси хиралъиялъги ва цогидал гIузрабазул хIасилалда хира гьабулеб бугин тIаже жубалеб буго нухмалъулес.

Гьелдаго цадахъ, РукIкIараб мехалъ гIадамал дагьлъиялда бан, къаси сагIат микьго тIубаралдаса маршруткаби хIалтIизе рукIине хасаб къаси мехалъул тариф гьабизе бугилан лъазабулеб буго транспорталъул нухмалъиялъ. Къаси 8 тIубаралдаса жамгIияб транспорталда рекIадухъ багьа букIине бугила 20 гъурущ.

Андрей ХIсейновасул баяназда рекъон, ахирал моцIазда жаниб шагьаралда батIи-батIиял мухъазда хьвадулел маршруткабазул къадар дагьлъун буго. ЛъагIалил авалалда 3000 маршрутка хьвадулеб букIун батани, гьабсагIат гIицIго 2200 маршрутка гурого гьечIилан лъазабулеб буго гьес.

Транспорталъулгун промышленносталъул нухмалъиялъул бетIерасул баяназда рекъон, гьел дагьлъи хурхараб буго бензадул-газалъул багьа бахиналъ хайир ккунгутIиялда, гьелдаго цадахъ шагьаралда сверухълъиялда нухал цIакъ хварал рукIиналдаги.

Амма жалго маршруткаялда хIалтIулел рази гьечIо нухмалъулесул пикругун. Гьезул баяназда
шагьаралда хIалтIулел маршруткабазул къадар жакъа къоялъги 4000 машинаялде бахунеб буго.

АхIмад Нуцалов: «ГIицIго 4 марщрутаялда хIалтIулел машинабазул къадар 1000 цIикIкIун буго. Гьеб багьа хира гьабиги нижер хIукму гуро. Гьеб хIукму тIалъиялъ гьабураб буго. Газ риидалго бахун букIана I4 гъурущалде. Гьез нижее путевкаялъул багьа бахинабизехъен батула. Гьеб бахинабураго нижер рес букIунаро гьеб хира гьабичIого.

ГIицIго моцIи-моцIие чIобогояб кагътихъ 3100 гъурущ кьола нижеца. Амма кибе гьеб гIарац унебалиго лъаларо нижеда. Бищун хIалихьатаб хIажатханацин гьечIо маршруткабазул чIей бугеб бакIалда. Хасалго ирга щвезегIан тIадхъалихъ чIун рукIуна ниж».

ХIасил калам, жалго маршруткабазда хIалтIулезе гьезул гIуцIиялъ киналгIаги санагIалъаби чIезарун гьечIо. Гьелде тIадеги кинаб букIаниги гIарзгун жал администрациялдаса анани, жал нахъе ритIулила, гIарац хIажат батани хIалтIейин, батичIони нахъе айилан абун.

Багьа бахинабиялъул киналгIаги суалал кколел руго администрациялдехун ва МахIачхъалатранс гIуцIиялдехун.

ГIадатиял гIадамаз гьеб хабар гединго цо хIалалъ къабул гьабичIо. Цо-цоязе 14 кьуниги, 16 кьуниги батIалъиго бихьулеб гьечIо. Амма щибаб къойил маршруткабазда рекIунезе гьелъул зарал кколеб буго. Маршруткаялда рекIунезул аслияб бутIа кколел руго студентал ва хIалтIуде хьвадулел.

Масала, студентазе жиндир заманаялъ ГIолилазул ишалъул коммитеталъ гIуцIулел рукIана хасал рекIадухъ кьолел талоназул система. Амма гьеб иш рагIалде бахъинчIо. Жакъа гIицIго 1600 гъурущ гурого гьечIеб стипендиягун студентазе захIмалъулин рекIадухъ багьа бахинабийилан баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе ДГУялъул студентка МухIамадова ПатIиматица.

МухIамадова ПатIимат: «Дун хIикмалъизаюла гьеб багьа бахинабулеб администрациялъ. Бищун тIоцебе багьа бахинабиялъул кьаби щола студентазде. Студент ккола кебек кепкиде ккун рикIкIунев чи. Жакъа дун щибаб къойил цIалуде унаго ва нахъе ячIунаго рекIине ккола маршруткаялда.

Гьадинги студентасе щолеб стипендия ккола гIицIго 1600 гъурущ. Гьелде тIадеги цо хабар букIинаан гьел маршруткабазул санагIалъалаби рукIунелани. Чанги цIалуде кватIана дун нухда маршрутка хун хутIун батIиялда рекIине ккун. Цин багьа бахинабилалде букIине кколеб даражаялда букIине ккела транспорт».

Гьаниб абизе ккола, гьелдаса цебе рекIадухъ багьа бахинабун букIанин 2013 соналул март моцIалъ. Гьеб мехалъ багьа бахинабун букIана цо гъурущалъ.

Гьелдаго цадахъ, Дагъистаналъул батIиял шагьаразда маршруткаялда рекIадухъ кьолеб багьа буго МахIачхъалаялда бугелдаса гIодобегIан. Масала, Дербент шагьаралда рекIадухъ багьа кколеб буго 12 гъурущ. Маршруткаялда хIалтIулес босулеб путевкаялъул багьа 2400 гъурущ.