2013 соналда дунялалда гIага-шагарго 10 азарго террористикияб гьужум гьабун буго, ян лъазабуна Лондоналда бугеб Дунялалъул экономикаялъул институталъул хасаб докладалда.
Гьеб зулмуялъул хIасилалда 18 азарго чи чIван вуго. Хасго ГIиракъалда анлъазарго чи чIванин террористаз.
Гьеб къадар 44 проценталъ цIикIкIараб бугин 2012 соналда гьарурал гьужумазде данде ккун. Бищун квещаб ахIвал-хIал буго Афгъанистаналда, Пакистаналда, Нигериялда ва Сириялда.
Терактал гьариялъул жавабчилъи тIад босула аслияб къагIидаялда «Исламияб пачалихъ», «Аль-КъагIида», «Боко ХIарам» ва «ТIалибан» абулел гIуцIабаз.