«Гьединал чIвай-хъвеязе кинабгIаги ритIухъгьари гьечIо»

Буйнакск мухъалда гьаб соналъул май моцIалъ ккараб чIвай-хъвеялда сверухъ цIех-рех рагIалде бахъун буго. Гьеб кколеб буго «Намус цIунун» абулел чIвайхъеязул цояб. Кинаб къимат кьолеб гьединал такъсиразе къануназ ва шаргIалъ?

Буйнакск мухъалъул ЧIикIаб росулъа чияс жиндирго яцгIал чIваялда хурхун цIех-рех рагIалде бахъун буго. Гьедин лъазабулеб буго Дагъистаналъул цIех-рехалъул коммитеталъул сайталда.

ЦIех-рехалъул идараялъул баяназда рекъон, 2014 соналъул май моцIалъ, Буйнакск мухъалдаса 31 сон барав чи ЧIикIаб росулъе жиндирго яцгIалалъухъе вачIун вуго.

Гьениб гьелъул гIадамазда рекъечIеб хьвада-чIвади букIиналда тIасан ккараб кIалъаялъул хIасилалда гьес чанго нухалъ нус чIван буго.

Щварал ругъуназул хIасилалда 25 сон барай гIадан хун йиго. Полициялъул хIалтIухъабаз ккуравго такъсирчи мукIурлъун вуго жинхъа ккараб жоялъе. «Эркенлъи» радиоялъухъе щварад баяназда рекъон, чIварай гIаданалъул нахъе хутIун буго кIиго лъимер; цояб лъагIелгун бащдаб бараб.

Цояб, эбел чIвараб мехалъ 2 анкь бараб букIараб. ЧIваялъе гIиллаги ккун буго, гьеб лъимадул инсуца чIваралъул вацгIаласда лъимер лъилали жинда лъаларилан аби. Амма экспертизаялъ бихьизабун буго кIиябго лъимадул эмен гьев вукIин.

Такъсирчиясде «ЧIвай-хъвеялъул» гIайиб гIунтIизабулеб буго. Гьеб кколеб буго «Намус цIунун» гьарурал чIвай-хъвеязул сияхIалдаса цогиги иш.

ТIубараб Кавказалдаго гьеб тайпаялъул чIвай-хъвеязул сияхI соналдаса соналде цIикIкIунеб бугин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе адвокат Исрапил Гададовас.

Гьесул баяназда рекъон, гьеб тайпаялъул такъсирал кколел руго бищун захIматал, щайгурелъул гьезда гъорлъ цо такъсиралъул рахъ гуребги, гьединго яхI-намусалъул рахъ букIиналъги.

Исрапил Гададов:«Ясал, яцал, чIужу чIвай гьелъие кинабгIаги ритIухъгьари букIине бегьуларо. ЦогIаги гьединаб такъсир гьабурав чи цIуни адвокатаз киданиги тIаде босуларо. Гьел такъсирал цIех-рехалъул идараялде ккечIого рукIунаро.

Гьезие тамихIги гьабула. Дагьаб цебегIан Кизилюрт шагьаралда цо чияс жиндирго яц ва кIиго гьитIинаб лъимер чIваялда хурхун букIана диван. ТаамихI гьабун гьесие гIумруялъул къоял лъугIизегIан туснахъ гьави бихьизхабуна. Гьеб битIарабги буго.

Цогиялги гьел тайпаялъул такъсирал цере къан толел рукIун ратаниги, хъизамалъ къватIибе лъазе бокьичIого, гьанже гьел ишал рагIалде рахъинарула ва тамихIги гьабула. Амма гьеб суал цIакъ захIматаблъуг бихьула дида».

Адвокатас баян гьабуна, дагьаб цебегIанги цо гьеб тайпаялъул лъугьа-бахъин ккун букIанин. ГьитIинай ясалда хIал гьабун буго. Гьей вацаз чIван йиго. ЦIех-рех байбихьидал, балугълъиялде яхинчIей ясалда хIал гьабиялда хурхун гьеб гьабурав чиясде гIайиб гIунтIизабулеб букIун буго.

Амма гьесул рахъалъ ясалъул рахъалде тIаса лъугьин гьарун ритIун руго имамзаби ва батIиял диниял церехъаби. Гьел тIасалъугьун иш биххун буго.

МаслихIат гьабизе ахIулаго гьез хIал-зулму гьабун бугин абларила. БатIияб абулила гIилла. Гьелдина бхIакъикъат лъан рухIиял церехъабиги гьединаб бакIалда маслихIаталъе унарилан баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе РухIияб идараялъул Къануназул бутIаялъул вакил МухIамад ГIабдурахIмановас.

МухIамад ГIабдурахIманов: «МаслихIат гьабизе уна, квешаб бакIалде иш ккечIого букIине. Масала, хIукму ккун букIана ясал хъамураб бакIалде инчIого рукIине. Гьедиин цо имамас абуна ясбер гIадин цIунарал ясал хъамулел ругила имам витIун иш тIубалин.

Гьелда тIад рекъон вукIана ГIалимазул маджлисалда , баракат нилъее щваяв СагIид-Афандиги. ХIал-зулму гьабураб бакIалде унаро маслихIат гьабизе, амма гьез гьедин абичIого батIаго абул, кьал ккун бугин.

ТIубараб бутIа буго РухIияб идараялда МаслихIаталъул бутIа абулеб. Гьенир руго киналго миллаталъул чагIи. Даргиялги, нугъаялги, магIарулалги, цогиялги. Гьез гьединал лъугьа-бахъиназул халгьабула».

ХIасил калам, «Намус цIунун» гьарулел чIвай-хъвеял ритIухъ гьарулел гьечIо я шаргIалъ, я къануназ. Унгояб намус-яхIалъул къануназда рекъонги гьелъие кинабгIаги рутIухъгьаби гьечIо.