Австралиялдаса Россиялъул президент нахъе ана G20 саммит лъугIинегIан чIечIого

Россиялъул президент Владимир Путини заман щвелелдего нахъе ун вуго «КIудияб къойилабалъул» саммит унеб Австралиялъул Брисбеналдаса. Саммиталъул цогидал г1ахьалчаг1и радалил кванда рук1араб мехалда Путиница кьураб пресс-конференциялда гьес лъазабун буго саммит унеб бук1анин парахатаб атмосфераялдайин.

Би-Би-Си агентлъиялъул лъазабиялода рекъон Брисбеница нахъе иналъул г1илла Путиница хурхинабун буго жиндирго х1алт1ул график ц1акъ захматаб бук1иналда ва гьесие кьижизе бокьун бук1ин. Цебесеб къоялъ Россиялъул президентасул пресс-секретарась нахъ ч1ван бук1ана Путин саммиталдаса замана щвелеледго нахъе иналъул рес.

Украиналъул кризисалъе г1оло Москва нахъе къот1араб «КIудияб микьилабалда» Россиялъул рукъарал партнераз хъач1аб къаг1идаялда какана Путинил позиция. Австралиялъул, Цолъарал Штатазул ва Япониялъул лидераз Россия ц1идаса ах1ана «Украиналъул машрикъалъул рахъалда ах1вал х1алуцинабиялдаса инкар гьабиялде».

Гьез ц1идаса загьир гьабуна Крымалъул аннексия къабул гьабунгут1и ва лъазабуна 300 чиясул г1умру бахъараб Малайзиялъул Боингалъул катастрофаялъул г1айибиял тамих1алде гъоркье рачине къвараг1елалъул х1акъалъулъ.

Гьат1ан къоялда Цолъарал Штатазул президент Барак Обама дандч1вана Евроцолъиялъул улкабазул лидералгун ва гьоркьоб лъуна Украиналда хурхун Россиялъул политикаялде цадахъ дандеч1еялъул перспективалъул суалал. Гьеб данделъи т1обит1ун буго Россиялъул лидер Автстралиялдаса нахъ ун хадуб.