G20 саммиталда гара-чIвари букIун буго Россиялъулги Австралиялъулги бутIрузул

Австралиялда «КIудияб къойилабалъул» саммиталда Россиялъул президент Владимир Путиница Канадаялъул премьер-министр Стивен Харперилгун гара-чIвариялда цIидаса лъазабуна, Украиналъул территориялда Россиялъул рагъул къватал гьечIин.

Reuters агентлъиялъул лъазабиялда рекъон, гьелда цебе Харперица лъазабун букIун буго Россия Украиналдаса нахъе ине кколин. «Дида ккола дур квер дица бачинин, амма тIоцебе дуца абизе ккола цо жо: нуж Украиналдаса нахъе ине ккола» - ян абун буго Харперица Путинил квер бачиналда цебе.

Путиница жаваб кьун абун буго, жинца гIагалигун абилин, гьеб гьари тIубазабизе бажарулеб жо гурин, ниж гьенир гьечIин.

Гьединаб диалогалъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго Россиялъул президентасул пресс-секретарь Дмитрий Песковас.