CNNалъ телеканалалъ жиндирго хIалтIи гьоркьоб къотIизабулеб буго Россиялда

Информалатазда хурхун Россиялда ахирисеб заманалда къабул гьарурал къануназе гIоло CNN телеканалалъ гьоркьоб къотIизабулеб буго Россиялда жиндирго программаби рихьизари.

Телеканалалъул бетIергьан Turner Broadcasting System компаниялъ лъазабулеб буго жиндир хьул бугин букIинеселда нахъ буссинеян.

Амма гьелъ мухIкан гьабулеб гьечIо кинал къануназ гьезул санагIалъи хвезабун бугебали.

Дагьалъ цебе Россиялъул парламенталъ «СМИязул хIакъалъулъ» абураб къануналда гьарурал хиса-басиязда рекъон, 2016 соналдаса хадуб гьукъана Росиялъул информалатазда къватIисел компаниязул 20-ялдаса цIикIкIун проценталъул активал рукIине.

Гьелде щвезегIан чIезабураб гIорхъи букIана 50 процент. CNN канал Россиялда хIалтIулеб букIана 1980 соназул ахиралдаса нахъе.

1991 соналда гьел тIолабго сордо-къоялда жаниб жиндирго программаби рихьизарулел рукIана Москваялда.