Европаялда рекъонхIалтIиялда ва хIинкъигьечIолъи цIуниялда сверун идараялъул ай ОБСЕялъул тохалчагIазда шамат къоялда тIатун буго Донецкаялда ва Макеевкаялда автомашинабазул, бронетехникаялъул ва автоцистернаязул колонна. Гьеб унеб букIун буго магърибалъул рахъалдехун.
КамАЗ тайпаялъул 19 автомашиянаялда рекIун вукIун вуго лъил-щалали бицунел ишараби тIад гьечIеб бецI-гIурччинаб ретIел ретIарал солдатал. Щибаб автомашинаялда хадуб бан букIун буго гIарадаги.
Колоннаялда букIун буго КрАЗ тайпаялъул 15 автомашина. Гьезда гIадамал рукIаралищали абизе кIолеб гьечIо тохалчагIазда. Гьеб кинабго транспорталдаги рукIун гьечIо лъил-щалали бицунел ишараби.
ТохалчагIазда Донецк бакьулъ бихьун буго гьединго кинал рукIаниги ишараби тIад гьечIеб ичIго танкги.
Associated Pressалъул репортеразги лъазабулеб букIана жидеда бихьанин гьединго кинал рукIаниги ишарабиги тIад гьечIеб 80 рагъулаб автомашинайин. Гьелги унел рукIун руго Донецкалъул сверухълъиялдасан.