Шамил мухъалда нахъойги хасаб операция

8 ноябралда Шамил мухъалъул росабалъ низам цIунулез ралагьулел рукIана экстремизмалдехун бухьен бугел гIадамал. Гьединго жий йикъизе хIалбихьанин МахIачхъалаялда низам цIунулезин лъазабулеб буго инсанасул ихтиярал цIунулей Альбина МухIамадовалъ.

Шамил мухъалда терроралда данде чIарал тадбирал байбихьун рукIиналъул хIакъалъулъ Терроралда данде чIараб миллияб комитеталъул сайталда официалияб куцалда кьураб баян гьечIо.

Амма гьеб мухъалдаса гIадамаз ЭР-ялъе бицухъе, рагъулаб транспорталъул читIирал руго гьидерил росабалъе рачIунел. Хасго гьел унел руго Хучада росдада гъоркьехун балагьун. Гьединго рагIулеб буго кьвагьа-гIанхъиги. ГIадамаз абулеб буго экстремизмалдехун щаклъи кканщинал чагIазул рукъзабахъе хьвадулел ругин аскариял.

Низам цIунулез ахираб заманалда гIемер тIоритIулел руго Шамил мухъалда хасал операциял. Гьединго гьенир гIемер кколел руго ахираб заманалда тIарикъаталда хадур рилълъун, салафияздехун дандечIей бихьизабурал гIадамал. Масала, гьединал хIужаби ТIелекь росулъ ккана. Гьединго ахиралда, 7 октябралъул къаси, ХIебда росулъги чIвана лъабгоял. Гьел рукIун ругин гьенисан Гуржиялъехун бахъулеб нухда хIилла ургъизе МахIачхъалаялдаса рачIарал чагIиян бицунеб букIана.

ПалхIасил, Шамил мухъалда кьвагьи-гIанхъи гIемерлъиялда гIажаиблъи загьир гьабулел гIемер руго республикаялда. Щайин абуни гьеб рикIкIуна тIарикъаталъул нухги щулияб, чанго устарги жанив вахъараб бакIлъун.

ПалхIасил, Украинаялда рагъ байбихьиялъ дагьа-макъабго гIодоцун букIанин Дагъистаналда диниял дандеккунгутIабазда бан низам цIунулезулгун бусурбабазул дагIба-рагIиги, хасал операциялги, цо-цо чагIазда хадуб халкквей чIезабигиян абураб махсара рагIизе бегьула республикаялда. Амма жалго низам цIунулез рикIкIуна гьеб бугин изну гьечIого яргъид гIуцIаразул гIемерисел Шамалде ун рукIинги, гьединго гьединал чагIазда хадуб жидеца чIезабураб халкквеялъ лъикIаб хIасил кьолеб букIинги.

Гьелда бан рехсезе бегьула гьадинаб хIужа.

Дагъистаналдаса инсанасул ихтиярал цIунулей Альбина МухIамадовалъ лъазабуна низам цIунулез хIалбихьанин жий йикъизе. Гьез сверун ккун батанин жидер мина. Гьединал хIалбихьиял церехун чанцIулго гьарунила.

Динияб гIаламаталъухъ балагьун гIадамал рикъи, гьезда хадуб халкквей чIезаби гьоркьоб къотIизе толеб гьечIин Дагъистаналдаян бицана ЭР-ялъе Фатима Тарасовалъ. Инсанасул ихтиярал цIунулей ккола гьей. Хасго гIадат баккун бугила рузман-къоялъ мажгиталде рачIарал гIадамал полициялде рачунеб. ХIал гьабун кьезабулеб бугила гьезда гьениб биги, хIацIуги, килщазул расеназул сураталги.

Фатима Тарасова: «НекIого цогояб база гIуцIун букIине кколаан киналго гIадамазул килщазул расеналги, бидул группаги, цогидал гIаламаталги, хIацIул хаслъиги данде гьарураб. Амма батула гьединаб базаги гьабун. Гьединлъидал бичIчIуларо щай гIадамал чамалиго нухалда цого жо гьабизе тIамулел ругелали. ГIадамазул ццим бахъинабулеб буго. Гьедин ццимги бахъун гурищ дагьалъ цебе Венгерских бойцов абураб къотIноб бугеб мажгиталъуса полициялде рачунеб мехалда гIадамаз Газелалъул цIцIурдул гъурарал. Гьединго цебего гIадин гьанжеги рехулеб буго гIадамазул рукъзабахъе ярагъги, рачун унел руго гьелги.

Гьединго хасал операциялги гьарун чIвалел руго. Масала, 16 октябралда букIана Дербенталда гьединаб операция. ЧIвана лъабго чи. КIигоязул рахъалъ щибниги абизе кIоларо дида. Амма цояв вачун ун вуго радал жиндирго рокъоса, чIужуги лъималги ругеб бакIалъа. Цинги чIвазеги чIван гьесул къаркъала рехун буго доб хасаб операция тIобитIулеб бакIалде. НугIзалги руго. Мадугьалзабазда бихьун бугелъул биги чваххулаго гьенибе жанибе рехулеб».

Тарасовалъ бицен гьарурал, Дербенталда чIварал, гIадамазул рахъалъ полициялъ абуна Шамалде рагъизе ине хIадурулел рукIанин гьелилан.