Москваялъ "адаб гьабулеб буго" Украиналда арал рищиязул

Жалго жидецаго лъидаго рачIеллъун лъазарурал Донецк ва Луганск республикабазда тIоритIарал рищиязул адаб гьабулеб буго Москваялъ. Жидер гьеб официалияб позициялъул лъазабулеб буго Россиялъул къватIисел ишазул министерлъиялъул баяналда. Гьедин абуна Россиялъул президентасул кумекчи Юрий Ушаковас.

«Россиялъул официалияб позиция бихьизабулеб буго къватIисел ишазул министрелъиялъул къокъаб, амма кIвар бугеб лъазабиялда, гьениб абулеб буго «адаб гьабулеб бугин»,-ян абуна Ушаковас.

«Адаб гьабулеб буго» ва «ритIухъаллъун малъулел руго» абурал рагIабазул магIна цоцазда бащадаб бугищан гьикъулеб суалалъе жаваб кьолаго Ушаковас абуна, гьезул магIна батIи-батIияб бугин.

«Адаб гьабула» абураб рагIи гьениб ургъунго хIалтIизабун бугин тIадчIейги гьабун буго президентасул кумекчияс.

Гьес гьединго абуна Москваялъе бокьун бугин «минскалъул процесс» халат бахъинабизе ва Украиналда хурхун Контакталъулаб къукъаялъул иргадулаб данделъи бакIаризейин.

Гьелдаса цебе Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровас лъазабун букIана жидецаго лъидаго рачIеллъун лъазарурал Донецк ва Луганск республикабазда тIоритIарал рищиял малъизе ракIалда бугин Россиялдайин. Гьединабго магIнаялъул лъазаби гьабун букIана Россиялъул Думаялъги.