НATOялъул Генералияв секретарь Йенс Столтенбергица Кабулалде бухьараб сапаралъул гIурхъабалъ рагIи кьуна исана соналъул ахиралде, улкаялдаса киналго къватIисел аскарал нахъе араб мехалдаги, НАТОялъ Афгъанистаналъе кверчIвай гьабизе бугин.
Столтенбергица абуна 2015 соналда НАТОялъ рагьизе бугин цIияб гьумер ва гьениб Афгъанистаналъул букIинисеб «улкаялъул халкъалъухъ букIине бугин».
НАТОялъул гьенив хутIизе вугев 12500 чиясул хIалтIи хурхараб букIине бугин «афгъаназул къуватазе гIакълу кьеялда ва кверчIваялдайин» абуна Столтенбергица. Гьес гьединго абуна НАТОялъ Афгъанистаналъул армиялъе финансазул кумекги гьабизе бугин.
Афгъаназул президент Ашраф Гъаница абуна жидер 350 азарго чи вугеб армиялъе финансазул ва материалияб кумек хIажат бугин. НАТОялъул къуватаз афгъаназул армиялъе тIалибалгун ва яргъидгIуцIарал цоги къукъабигун къеркьезе кумек гьабулеб букIана 13 соналъ.