Обамада хIадурав вуго республиканиялгун рекъон хIалтIизе

Америкаялъул президент Барак Обамада ракIалда буго улкаялда тIоритIарал гьоркьохъел абулел рищиязда бергьарал республиканиял-политикалгун рекъон хIалтIизе.

АрбагI къоялда, ХъахIаб Рокъов кIалъалаго, президентас халкъалъул вакилзаби ахIулел рукIана Эболаялде данде ва «Исламияб пачалихъин» жиндаго абулеб къукъагун гьес гьабулеб бугеб къеркьеялъул рахъ кквезе.

Демократ Обама, президентасул хъулухъалда хутIараб кIиго соналда жаниб, хIалтIизе ккезе вуго Конгрессалъул кIиябго Палатаялда цIикIкIунисеб бутIа бугел республиканиялгун.

РакIалде кковухъе, Сенаталъе бетIерлъи гьабизе бугев сенатор Митч Макконнелица лъазабуна федералияб хIукуматалъул хIалтIулъ кинаб букIаниги лъалхъен букIине гьечIин ва дефолтги лъазабизе гьечIин.

Цересел баяназда рекъон, Америкаялъул Республиканияб партия бергьун буго 4 ноябралда улкаялда тIоритIарал рищиязда. Гьеб къоялъ рищулел рукIана вакилзабазул Палатаялъул киналго ва Сенаталде 36 гIахьалчи.