Украиналда ракълилаб къотlи хисизабиялъул суал борхун буго

Украиналъул президент Петр Порошенкоца улкаялъул хIинкъи гьечIолъи цIунулел хъулухъазул бутIрузулгун дандбалеб буго Россиялъул рахъ ккурал сепаратистазулгун гьабун букIараб ракълилаб къотIи хисизабиялъул суал. ГIиллалъун ккун буго гьатIан къоялъ Луганск ва Донецк икълимазда Россиялдехун сепаратистаз рищиял тIоритIи.