«Чехьалда къоноги бан» ритIухълъи балагьулел

Денга Халидов (квараниса) ракьи лъазабуралгун дандчIваялда. 3Ноя2014

Дагъистаналъул бетIерасул гIакълучи Денга Халидов итни къоялда дандчIвана республикаялъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазан хъулухъалдаса ин тIалаб гьабун ракьи лъазабуралгун. Гьеб акция халат бахъунеб буго кIиабилеб анкьалъ. Денга Халидовас ракъун чIаразда лъазабуна гьезул суалал ракъи лъазабунин абун тIубаларин ва гьел роцIцIинариялъе Дагъистаналъул тIалъиялъ кIвар кьезе бугин.

Дагъистаналъул батIи-батIиял жамгIиял идарабазул вакилзабаз республикаялъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазан хъулухъалдаса вахъеян тIалаб гьабун тIобитIулеб ракъунчIей лъазабуралдаса анлъго къо ана. 29 октябралда гьеб акция байбихьараб мехалда гьезул кьерулъ вукIун вуго анкьго чи: щуго бихьинчиги кIиго, чIужугIаданги. Гьел руччабазе ракъунчIей хIехьезе захIмалъулеб букIанила, гьел аскIор ругеб мехалда жидееги санагIалъи букIинчIила, гьединлъидал гьел жидеца рокъоре ритIанин бицана акциячагIаз.

Гьединго гьезул кьерулъа нахъе ине ккун вуго МахIачхъалаялда аскIоб бугеб Красноармейск росулъа жамагIатчи ХIусенов МухIамадги. 65 сон барав ХIусенов вуго гьодги унтарав, кIиго гIансаги чIван гурони вилълъун бажаруларев чи. Гьоркьоса къотIичIого хасаб квенги дарабиги гьекъезе кколаанила гьес, амма цебехун рехсараб акция сабаблъун гьеб кинабго гьоркьоса къотIизе тедал, бидул тIадецуй цIикIкIун, цIакъ захIматаб хIалалда вукIанила МухIамадилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе цойгидал ракъунчIараз. Чанго нухалъ лъикIгьечIого лъугьун вукIун гьесде хехаб кумек ахIараб мехалда тохтурзабаз лъазабун буго гьеб ракъунчIей гьесие хвалде буссине бегьулилан, гьединлъидал чара гьечIого гьеб гьоркьокъотIизе тезе кколилан. ХIусеновгу гIадин унтарав Дербент мухъалъул Мамедкала росулъа ГIалиев ХIажиги вачIун вуго ракъунчIаразул кьеразулъе. Гьев вуго сакъатлъиялъул кIиабилеб группа бугев чи, гIанситIа гурони вилълъине кIоларо гьесдаги.

ХIажица «Эркенлъи» радиоялъе бицана жинда кватIун гурони лъачIила гьадинаб акция тIобитIизехъин букIин, лъан букIарабани жив бетIералдаса нахъего гьазда цадахъ вукIунаанилан. Акция лъазабуразул аслияб тIалаб буго Рамазан ГIабдулатIипов хъулухъалдаса вахъи, цойги гьез тIалаб гьабулеб буго республикаялда киса-кибего рищиял гьаризе халкъалъухъе ихтияр тIад буссинаби. Гьединго коррупциялде дандечIей гьабиги тIалаб гьабулеб буго ракъунчIараз. Гьел тIалабазде тIаде гьезул щивасул руго жинди-жиндир хасал тIалабалги.

Мамедхъалаялдаса сакъатав чи ГIалиев ХIажица абулеб буго жив рес къотIун, чара хун бугев чи вугила. Щибниги пачалихъалъ жиндие кколеб кумекги гьабулеб гьечIила, гьелда хадув лъугьине жиндир тIокIаб рухIги ресги гьечIила, гьединлъидал гьел жиндир захIмалъазабде кIвар буссинабиялъе гIоло вачIун вугила жив гьаб акциялде. Гьес бицана жиндица вакъунчIейги лъазабун бугила, гьелда тIаде лъимги гьекъолеб гьечIилан. ГIумруялдасаго ракI буссинабун бугила жиндир тIалъиялъул ургъелгьечIолъиялъ.

ГIалиев ХIажи: «Дир рукъ-бакIалъулгун буго захIмалъи. Къого соналъ балеб бугеб мина лъугIизабизе кIвечIо дида жеги. Кинха гьеб лъугIилеб унтарав чи дунги, кIиго лъималги руго дир, школалда мугIалимлъун хIалтIилей йикIарай лъадиги гьанже унтун йиго. Психическияб унти буго лъадул, лъималазулги гьелъулги тIалаб дидеги дир херай эбелалдеги бегана. ТIокIаб кумек гьабизе чиги гьечIо нижер. Гьей чIужуялъе унтиялда бан пенсия гьабун бажаринчIо жеги, гьеб гьабизе ккани гIарац кьезе кколеб буго. Социалиял идарабаздаса бахъараб, Дагъистаналъулгун Россиялъул тIалъиялде щвезегIан хъвадарана дун дие букIине кколеб социалияб кумек гьабейин тIалаб гьабун. Щибго щвечIо, дир лъималазеги щвечIо кинабгIаги кумек. Дун сваканги унтунги вуго, тIокIаб къеркьезе рухIги гьечIо. ТIалъиялда дун рихун вуго, гьез дун наркоман вугила, гьекъолдухъан вугилан абун рогьралги ран нахъе валагьизавиялтIе ккун буго иш».

Гьединго ракъунчIей лъазабуразда гьоркьор руго Кули мухъалдаса ва ЦIияблак мухъалдаса гIолохъабиги. Кули мухъалъул мажлисалъул депутатлъун вукIарав ЯхIяев ГIабдулаца лъазабулеб буго Республикаялъул тIалъиялъ гIемерал гъалатIалги риччан, къанунги хвезабун лъабабилеб нухалдаги гьеб мухъалъул бетIерлъун Сулейманов СагIид тIамунила. Гьесде данде чIарал мухъалъул депутатазул мажлисги хIалхьиялде ритIун руго. Жидеда щибниги бичIчIизабичIила, щай депутатал нахъе ритIаралалиги абичIила лъицаниги, гьедин жидеего бокьа-бокьараб гьабулеб бугила республикаялъул мухъаздаги, тIолабго Дагъистаналдаги. Гьелде дандеругила жалилан лъазабуна ГIабдулаца «Эркенлъи» радиоялъе.

Цойги тумазул вакилзаби ЦIияблак мухъалдаса Къурбанов Зурабицаги, ХIажиев Пашацаги тIалаб гьабулеб буго ЦIияблак мухъалъул чанцIулго гочине ккарал гIадамазул масъалабиги захIмалъабиги тIураян. Гьез абулеб буго 20 сон аниги жидер ракьулги, гочинаруралъухъ пачалихъалъ кьезе кколеб букIараб гIарцулги суал жеги тIубан гьечIила. Гьез лъазабулеб буго жал свакан ругила жидер ракьал нужеца ккун ругин абун цо рахъалъ чачаналгун къеркьон, цойги рахъалъ Караманалда лъарагIалгун рагъун. Лъицаниги дагIба баларебхIалалъ жидее ракьги кьейила, жидер мухъги гIуцIцIейилан лъазабулеб буго гьез.

Итни къоялъ акциячагIигун дандчIвазе вачIун вукIана Дагъистаналъул бетIерасул гIакълучи Халидов Денга. Гьесда цере лъуна ракъунчIараз жидерго киналго тIалабал. Гьезул халгьабулаго Халидовас лъазабуна цо къоялъ тIуралел суалал гьечIила гьенир рорхун, гьединлъидал гьел тIуразе заман къваригIунила, амма кIвар кьечIого цониги суал тезе гьечIилан.

Денга Халидов (квараниса) ракьи лъазабуралгун дандчIваялда. 3Ноя2014

Денга Халидов: «РакъунчIараз рорхарал цо-цо суалал цIакъго кIварбугел руго, гьел ракъунчIей лъазабун тIуралароха. Гьел роцIцIинаризе ккани хасаб хIалтIиги гьабизе ккола, гьезде кIварги буссинабизе ккола. Гьеб гьабизеги буго. ТIалъиялъ гьел суалазухъ гIинтIамичIого тезе гьечIо, амма гьел рагIалде рахъине ккани гIезегIан заман къваригIуна. Масала, ЦIияблак мухъалъул гIадамазул захIмалъабиги, рищиязул суалалги гьел цо къоялъ тIуралареллъи бичIчIизе ккола киназдаго. Амма гьезде кIвар буссинабизе буго, гьабизеги тIадаб буго республикаялъул тIалъиялда».

Денга Халидовас гьеб акция гьоркьоб къотIизе тейилан абуниги, гьесухъ гIинтIамулев чи ккечIо ракъунчIаразул. Гьез лъазабулеб буго жидер тIалабал тIурачIого гьеб лъугIизе тезе гьечIилан.