ГIабулатIиповасде данде лъазабураб ракъунчIчIей халат бахъунеб буго

МахIачхъалаялда халат бахъунеб буго Дагъистаналъул жамагIатчагIаз республикаялъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазан хъулухъалдаса вахъи тIалаб гьабун лъазабураб ракъунчIчIей. 31 октябралда гьеб акциялъулъ гIахьаллъи гьабулезул къадар 7 чиясде ккун буго, амма гьезул къадар цIикIкIине бугин лъазабулеб буго жамагIатчIагIаз.

РакъунчIчIей жидеца рескъотIиялъ лъазабураб жо бугин абулеб буго гьелъул гIахьалчагIаз. Гьеб тIобитIанигIаги жидер ахIи Россиялъул тIалъиялда рагIилародайин хьул буго гьезул.

Дагъистаналъул бетIер хъулухъалдаса вахъи тIалаб гьабун жамгIиял хIаракатчагIаз байбихьараб гьеб тадбир 29 октябраладаса нахъе халат бахъунеб буго.

Гьелъулъ тIоцеве 10 чияс гIахьаллъи гьабулеб букIанин, гьанже гьезул къадар 7 чиясде ккун бугин бицана «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда Табасараналъул коррупциялде данде чIараб жамгIияб гIуцIиялъул бетIер хисулев Къурбанов Гъазиханица.

Къубранов Гъазихан: «Дагъистаналъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазан хъулухъалдаса вахъи тIалаб гьабун ва республикаялда киса-кибго бугеб коррупциялде данде тIобитIулеб буго гьаб акция нижеца.

Ниж гьанир ракъун хваниги гьев ГIабдулатIипов нахъе иналда божилъиги гьечIо дир расги, гьедин букIаниги Дагъистаналда бугеб захIматаб ахIвал-хIалалдеги, киса кибего тIибитIараб коррупциялдеги Россиялъул тIалъиялъул кIвар буссинабизе бокьун лъазабуна гьаб ракъунчIей.

Нижер тIалабал загьир гьарун митинг тIобитIизе ракIалда букIана, амма Дагъистаналъул юстициялъул министерлъиялъ, гьелъиеги батIи-батIиял магIнагьечIелщинал багьанабиги ратун рес кьечIо.

Гьединлъидал жинди-жиндир тIалабалги гIаммал тIалабалги загьир гьарун гьадинаб акция тIобитIизе ккана нижеца, гьеб гьабизегIаги лъихъаниги разилъи босизе кколарелъул.

Гьаб сагIаталда жаниб акциялъулъ гIахьаллъи гьабулеб буго 7 чияс. ТIоцеве 10 чи вукIана, цо сордо-къогун бащадаб араб мехалда цIакъго татухун букIун нижеца цадахъ йикIарай кIиго чIужугIадан рокъой ритIана.

Гьединго цойги унтарав васги витIана нахъе, гьесул сахлъиялъул хIал цIакъго нахъе кколеб букIана. ЦIцIикIкIараб ригьалъул чи ХIусейнов МухIамад дагьав лъикI гьечIого вуго, хутIарал ракъунчIей лъазабуразе гьаб сагIат щибго къварилъи гьечIо».

31 октябралда ракъунчIеялъулъ гIахьаллъи гьабулеб буго «Справедливая Россия» партиялъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул нухмалъулев Расулов Русланицаги, Тумазул жамгIияб цолъиялъул вакилзаби ЯхIияев ГIабдулацаги, Къурбанов Зурабицаги, ХIажиев Пашацаги.

Гьединго акциялъулъ гIахьаллъи гьабулеб буго МахIачхъалаялда аскIоб бугеб Красноармейск росдал жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулев ХIусенов МухIамадицаги, «Дагъистаналъул Улбул» абураб инсанасул ихтиярал цIунулеб идараялъул гIахьалчи Байсултанов Маматханицаги, «ГIахьвахъ» жамгIияб гIуцIиялъул бетIер ХIажиев МахсутIицаги.. Гьез гьекъолеб буго цохIо хинаб лъим ва дараби.

Гьединго Гъазиханица бицана гьал къоязда жидер акциялъулъ гIахьаллъи гьабизе рачIине ругила Дербенталдаса ва ЦIияблак мухъалдаса гIолохъабигийилан.

Лъабго сордо-къоялъ халат бахъунеб бугеб гьеб ракъунчIеялъул хIасил кколеб бугебищин, акция байбихьаралдаса нахъе цониги тIалъиялъул чи вачIун вукIаравищин нужергун дандчIвазе яги нужер тIалабазухъ гIенеккизе нуж кирениги ахIун рукIаралищин цIехана «Эркенлъи» радиоялъ Гъазиханида. Гьеб суалалъе жаваб кьолаго гьадин бицана гьес :

Къурбанов Гъазихан: «Дагъистаналъул бетIерасул гIакълучи Халидов Денга вачIине вугин нижгун дандчIвазейилан абун хабар щвана нижехъе. Жеги гьевги вачIинчIо, тIокIав щивниги тIалъиялъул чиги ваккичIо нижехъе я кIалъан рачIинчIо.

Рузман къоялъ нижгун дандчIвазе рачIун рукIана Дагъистаналъул туснахъалда тIамуразул ихтиярал цIунулеб комиссиялъул бетIер Айгумов ХIасанги, республикаялъул 60ялдаса цIикIкIун жамгIияб идара гъорлъе унеб «Отечество» цолъиялъул бетIер Раджабова Неллиги. Гьединго батIи-батIиял журналисталги рачIун рукIана, тIокIав щивнииги вачIинчIо».

РакъунчIей унеб буго МахIачхъалаялъул рагIалда бугеб минаялъуб. Гьеб акция гIуцIараз бицухъе гьез цин шагьарбакьулъ цониги офис кквезехъин букIун буго гьеб тадбир тIобитIизе.

Амма гьеб щиб гьабизе кквезехъин бугебали лъарабго офисазул бетIергьабаз инкар гьабулеб букIун буго гьеб бакI ижараялъ кьезе. Гьединлъидал цо жидер рахъккурав, амма ракъунчIеялъулъ гIахьаллъулев гьечIев чияс жиндирго рукъ кьун буго гьезухъе.

Гьеб буго гIодоб халича гурони тIамичIеб, къайи цIаялъул цохIо гьитIинаб столги гьелда тIад лъураб телевизорги гурони гьечIеб чIобогояб рукъ. ГIодор тIамурал ургазда тIад гIодорчIун щиб, регунщибали руго гIадамал. Квачараб бакI букIиналъ гьезул гIемерисел къад-къадгицин тIасан ратIлилъго ва юргъаналги тIад ран руго.

Гьел жамагIатчагIаз лъазабулеб буго чорхол хIалалъухъ балагьун халат бахъинабизе бугила жидеца гьеб акция. Сахлъиялъул рахъ цIакъго нахъеккезегIан жидеца гьеб гьоркьоб къотIизе тезе гьечIилан.