Ругищ жакъа Россиялда политикиял репрессияби?

Москва. Лубянка. Политикиял репрессиязул къурбаназе лъураб мемориал.

Россиялда 30 октябрь бихьизабун буго политикиял репрессиязул къурбанал ракIалде щвезариялъул къо хIисабалда. I974 соналда Мордовиялъулгун Пермалъул лагеразул политикиял туснахъаз СССРалда гьарулел политикиял репрессиязда хурхун протест загьир гьабулаго, лъазабун букIана ракъун чIеялъул акция. Гьеб къо кIодо гьабизе байбихьана I99I соналдаса. Цо-цо политологаз рикIкIунеб буго Россиялда жакъаги тIоритIулел ругин политикиял репрессиялин.

«Эркенлъи» радиоялъул программаялда гIахьаллъарав цеве живгоги политикияв туснахълъун вукIарав «Гласность» абураб гIуцIиялъул бетIер Сергей Григорьянцица лъазабуна, Россиялда жакъа вугин 50-ялдасаги цIикIкIун политикияв туснахъин. Гьесулгун дискуссиялда гIахьаллъарал цогидал жамгIиял хIаракатчагIаз абулеб букIана жакъа захIматго бугин гьединал туснахъазул къадар мухIканго чIезабизеян. Амма гьезул пикруялда, жакъа Россиялда политикиял репрессиязул къадар цIикIкIунеб букIин мухIканаб жо кколеб буго.

Кинал ругел жакъа политикиял репрессиял? Цебесеб гIасруялъул 30-билел соназул репрессиял гьел гьечIониги, жакъа политикиял партияби яги къануналъ гьукъичIел цо-цо гIуцIаби рагьиялъе квал-квал гьабиги, гьебги политикиял репрессиязул элемент кколин абулеб буго цо-цо политологаз. Амма «Болотнаялъул иш» гIадал хIужжаби гьел политикиял репрессияби рукIиналда ракI чIараб буго гьебго «Болотнаялъул ишалда» хурхун туснахъалде ккун вукIарав Николай Кавказскияс хамис къоялда Москваялда тIобитIараб митингалда.

Москваялда гIумру гьабун вугев Гъарачайгун Чергессиялдаса инсанасул ихтиярал цIунулев Сулейман Шебзуховас кумек гьабулеб буго туснахъазде ккарал гIадамазе. Гьесги абулеб буго Россиялда официалияб къагIидаялда нахъ чIвалеб букIаниги, политикиял репрессияби ругин ва жакъа гьезда сверун ахIвал-хIал халуцунебги бугин. Репрессиязул аслиял инстрементазул цояб кколин Федералияб хасаб хъулухъин.

Сулейман Шебзухов: «Россиялъул туснахъазде жакъаги рехула политикияб кьучI бугел гIайибалги гIунтIизарун. Мисалалъе, нухмалъи какулел чагIи. Туснахъазде рехула диниял хIаракатчи. Цебе нилъер букIана КГБ. Жакъа буго ФСБ. Ахириселъул хIалтIуде берцинго балагьани, абизе бегьула, гьелъ хIалтIизарулел ругин добго КГБялъул къагIидабийин, щибниги хисун гьечIин абизе бегьула.»

Россиялъул къуватиял идарабазул хIалтIиялъул къагIидабазде кIвар буссинабулаго, Шебзуховас абулеб буго, жинда кколин цебегIадинго гьезул бугин гIадамал жанир лъеялъул планалин.

Сулейман Шебзухов: «ЦебегIадинго, гьанжеги къуватиял структурабазул гIадамал жанир лъеялъул план бугин абизе бегьула. Мисалалъе, жакъаги лъезе бегьула «Щай ГъарачIайгун Чергессиялда гьедингIан дагь гIадамал жанир лъун ругин?» абураб суал. Гьединал суалал раккун гутIиялъе батилаха, дагьалъ цебе республикаялда жанив лъуна цIадахъго 20, хадуб тIадеги 7 чи, гьез пачалихъияб гIуцIи хисизабизе хIаракат бахъулеб букIанинги абун. Буго гьезул гьединаб план, гIадамал жанир лъеялъул.

Къуватиял идарабазул хIалтIухъаби рачIуна диналъул тIалабал тIуразарулел гIадамазухъе рукъуре. Гьезухъе рехулеб буго гьез ярагъ, гьеб данде кколеб гьечIони, экстремистияб лидература. ЛъугIана иш! Бугищ гIайиб гьечIищ, лъицаниги чIезабуларо. Гьезул кидаго хIадураб буго гIайиб, пачалихъалъул нухмалъи тIаса рехизе гьабулеб хIадурлъи абураб».

Журналист ва политолог Тимур Джафаровас рикIкIунеб буго жакъасел политикиял репрессияби халкъалда берцинго рихьулел гьечIин, амма процесс унеб бугин ва хьуцIилъе ккараб эркенлъи камураб гIадаб хьал бихьулеб бугин.

Тимур Джафаров: «Абухъего, талихIаб букIинеселде цебе бахъараб гIатIидаб нух хьуцIалъан унеб бугин ккола дида. Дида ккола жакъа пачалихъалъ билъанхъизабулеб политикаялда рази гьечIел гьеб нухде цулел ругин ва гьел бигьа-гьабун гьеб хIуцIилъ къалел ругин.

Гьай-гьай руго мисалал хIинкъизариялъурадалда гIадамал яги диваналда цере чIезариялъул, яги туснахъазде рехиялъул. Узухъда 30 соназда рукIарал репрессиязда гьел дандразе бегьуларо гьанжеги, амма доб заманалда баянго рихьулел рукIана гьел репрессияби. Гьанжейин абуни, чIван къотIун гьеб гьадинаб буго, доб додинаб бугин абизе захIматго буго. ХIакъикъаталдаги лъаларо сундоса хIинкъун яги цIодорго рукIине нилъ кколелали. Сверухъ буго мун хьуцIилъ къан вугеб гIадаб, эркенлъи камураб хIал. Эркенлъи камиялъул даимал хIал буго жакъа".