Швециялъ Палестина пачалихълъун рикIкIана

Швециялъ официалияб къагIидаялда Палестина къабул гьабуна пачалихъ хIисабалда. Гьеб улкаялъул къватIисел ишазул министр Марго Вальстремица гьелда бан лъазабуна, палестиниязул ихтияр бугин жибго жидедаго чIараб пачалихъ базе.

ГIизраилалъул тIадтараз гьелда бан лъазабун букIана гьадинаб хIукмуялъ Палестиниязулгун ГIизраилалъул ракълилаб процессалъе зарал гьабизе бугин.

13 октябрялда КIудияб Британиялъул парламенталъги гьоркьоб лъун букIана Палестинаялъул суал. Депутатаз гьаркьал кьуна Палестинаялъул пачалихъияб статус къабул гьабиялъе. Амма гьеб резолюциялъ Британиялъул хIукуматалда тIадаблъун гьабулеб гьечIо Палестина пачалихъ хIисабалда тасдикъ гьабизе.