Обамаца - Эбола унтиялъул хIакъалъулъ

Цолъарал Штатазул президент Барак Обамаца абулеб буго Америкалда Эбола унтиялъ унтарал гIадамазул къадар цIикIкIиналъул хIинкъи нахъ чIвазе кколарин. Ва тIаде жубана – гьеб унтиялде данде бищун лъикIаб иш бугин – гьеб баккараб бакIалда къеркьей гьаби, ай – Магърибалъул Африкаялда.

Гьадин Барак Обамаца абуна ХъахIаб Рукъов арбагI къоялъ цеве вахъун. Дунялалъул Сахлъи цIуниялъул ГIуцIиялъул баяналда рекъон гIаммаб къадаралда рехсараб унтиялъ унтарав щуазарго чи хванин.