Ираналъул парламенталъул ва президентасул рагIирекъонгутIи

Ираналъул парламенталъ нахъ чIвана гIелмуялъул министрасул хъулухъалде Президент ХIасан РухIаница бихьизабураб кандидатура.

МахIмуд Нили АхIмадабадил бербалагьи Ислам-диналде тIубанго данде кколарин, лъазабуна парламенталъул депутатазул цIикIкIараб къадаралъ.