Сириялъул Эркенаб Армиялъул къукъа Кобаниялде бачIана

Официалиял баяназда рекъон Сириялъул Эркенаб Армиялъул цо къукъа бачIун буго Кобани абулеб шагьаралде гьениб "Исламияб Пачалихъилан" абулеб террористикияблъун рикIкIунеб багъа-бачариялде данде рагъдолеб курдазул Пешмерга къукъаялъе хIалае.

Исламияб пачалихъалъул рагъухъабаз гIага-шагарго микьнусго чи чIвана ва 200 000 чияс рукъзал тун къватIивехун ана гьениб кьал багъарун хадусала.