Украина: парламентиял рищиял тIоритIана

ТIадегIанаб Рада бищараб бугин ва гьелъул легитимлъиялъе кинабгIаги асар гьабизе гьечIин Донецк ва Луганск икълимазул бакI-бакIалда гьаркьал кьеялъул тадбирал тIоритIун гьечIолъиялъ. Гьадин лъазабуна Украиналъул Рищиязул Централияб комиссиялъул нухмалъулев хисулев Андрий Магераца.

ГьатIан къоялъ тIоритIарал рищиязда гIахьаллъанин хIисабалде росарал рищарухъабазул 52 процент, ян тIаде жубана гьес.

Протоколазул ункъго бутIа-гьабун цо бутIаялъул цебеккунго гьабураб хIасилалда рекъон гьаркьазул цIикIкIараб къадар щолеб буго Украиналъул премьер-министр Арсений Яценюкил «Халкъияб фронт» абулеб партиялъе, президентасул рахъ кколеб «Петр Порошенкол Блок» киIабилеб бакIалда буго.

Бергьарал аслиял партиязул вакилзабаз къотIи гьабун буго официалияб хIасил лъазабун хадуб коалиционияб хIукумат гIуцIизе.

Украиналда тIоритIарал парламентиял рищиязухъ хал-щал гьабулеб букIана Европаялда ХIинкъи ГьечIолъи ЦIуниялъул ва рекъон хIалтIи гьабиялъул гIуцIиялъул анкьнусгогIан вакилас. Гьел аслияб къагIидаялда разиял руго рищиял тIобитIараб куцалда.