Каиралъул дивналъ тамихI къотIун буго демократиял активистазе

ГьатIан къоялда Каиралда диваналъ туснахъалъул лъабго соналде щун тамихI къотIун буго демократиял хIаракатчагIазе, гьездаго гъорлъ инсанасул ихтярал цIунулезе.

Гьезул щивасухъа бахъулеб буго гьединго I400 долларалъул гIакIаги. Активистазде гIайиб гIунтIизабулеб буго изну гьечIого демонстрациялда цере рахъиналъул.

Диваналъул процесс хурхараб буго 2I июналда президентасул кIалгIаялда цебе тIобитIараб демонстрациялда. Гьелъул гIахьалчагIаз протест загьир гьабулеб букIана Улкаялда тIоритIулел жамгIиял акциязда хурхараб къануназда демократиял принципазде данде кколарел хиса-басиял гьарулел рукIиналда бан.

Нухмалъиялъ лъазабулеб буго, гьединал хиса-басиял къваригIун ругин, манифестацияби унеб мехалда низам хвезабиялъул актал риччангутIиялъейин.

Гьелде данде чIараз абулеб буго, гьеб кколин нухмалъиялъ жибго какулезул кIал къазабиялъе гьабулеб галиян.