Жинде данде санкцияби лъазабураб Сбербанкалъ гIарза кьун буго Евроцолъиялъул диваналде

Россиялде данде лъазарурал санкциял нахъе рахъи тIалабгун Евроцолъиялъул диваналде хитIаб гьабуна Россиялъул Сбербанкалъ.

Гьеб суал рагIалде бахъинабун гурони, киналгIаги комментариял банкалъ гьаризе гьечIин, абулеб буго банкалъул лъазабиялда.

Июлалъул ахиралда Евроцолъиялъ жиндирго санкциязул сияхIалде росана Сбербанк, Россельхозбанк, Газпромбанк, ВТБ ва ВЭБ. Гьезул акцияби ва 90 къоялдаса цIикIкIун хIалтIулел облигацияби росизе гьукъун буго.

Сентябралда санкцияби дагьалъги захIмалъизаруна, Россиялъул банказе гьукъана Европаялъул базаразда 30 къоялдаса цIикIкIун хIалтулел облигацияби тIиритIизаризе.

Гьелдаго цадахъ Сбербанкалде данде жиндирго санкцияби лъазаруна Цолъарал Штатазги.