Страсбургалда тасдикъ гьаруна Еврокомиссиялъул гIахьалчагIи

Жан-Клод Юнкерил нухмалъиялда гъоркь Европаялъул комиссиялъул гIахьалчагIи таксдикъ гьаруна Страсбургалда.

АрбагI къоялда Европарламенталъул данделъиялда 28 кандидатураялъул рахъ ккун гьаракь кьуна 423 дупутатас, гьелде данде вукIана 209 парламентарияв, жидерго пикру загьир гьабичIого чIана 67 дупутат.

Еврокомиссиялъул гIахьалчагIаз жидерго хIалтIи байбихьизе буго I ноябралдаса.

Цеве Люксембургалъул премьер-министрлъун вукIарав Жан-Клод Юнкерица хисулев вуго Еврокомиссиялъул нухмалъуда ахирисеб щуго сонида вукIарав Жозе Мануэль Баррозу.