Дунялалъул гIемерисел бакIазда, гьебги щиб Европаялдацин эркенлъи хIинкъиялда гъоркь хутIулеб буго.
Гьедин лъазабуна Цолъарал Штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керрица Берлиналда Германиялъул къватIисел ишазул министр Франк-Вальтер Штайнмайерилгун цадахъаб пресс-конференциялда.
Керрица лъазабуна гьединго, Украиналде данде Россиялъ билъанхъизабулеб агрессиялъе ахир лъезе кколин.
Гьес Москва ахIана Украиналда загьирлъулеб кризисалъул Россиялъул ролалъе Магърибалъ кьолеб къиматалдае дагьалъ кIудияб, букIине кколеб кIвар кьеялде.
Америкаялъул пачалихъияв секретарась Россиялъ Украиналда хурхун билъанхъизабулеб политика рикIкIана лъиданиги бачIеб пачалихъалъул суверенитет хвезаби хIисбалда.