Amnesty International: "Донецкалда ункъго чи чIваялде армиялъул хурхен буго".

Amnesty International абураб халкъаздагьоркьосеб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъ рикIкIунеб буго Украиналъул Донецк областалда «Коммунар» шахтаялда аскIоб ункъго чи чIваялде Украиналъул армиялъул рагъулазул хурхен букIиналъул далилал ругин.

Гьединаб лъазаби Киевалда журналисталгун данчIвалеб мехалда гьабуна Украиналда Amnesty International гIуцIиялъул бутIаялъул бетIер Татьяна Мазурица.

Гьелъул рагIабазда, диван гьабичIого гIадамал чIваялъул практика буго сепаратистазул гуребги Украиналъул машрикъалъул рахъалда хасаб операция тIобитIулеб армиялъулги.