Шамат къоялъул къаси кьвагьа-гIанхъи рагIулеб букIана Луганск икълималъул бакI-бакIалдаги. Украиналъул улка цIуниялъул министерлъиялъул вакил Владислав Селезнёвасул информациялда рекъон кIиго рагъулав хъулухъчи лъукъун вуго.
Гьес гьединго лъазабуна, сепаратистаз кьвагьулел рукIана Украиналъул аскрияз чIей гьабулел бакIазде.